Лъабго васги, чIужу Ханзадайги цадахъ ячун АхIулгохIде вахана ГIашилтIаса НурмухIамад. ТIоцересел къоязго шагьидлъана гьев бахIарчи. Росасул би тIаса чуричIеб ретIелги ретIун, ягъулей йикIана Ханзадай. ЗахIматго лъукъун гIодой ккарай гьелъ лъим гьарулеб букIана. АскIор рукIарал гьелъул лъималаз, щиб гьабилебали лъачIого, эбелалъул ракъварал кIутIбузда магIугун хIацIу жубарал гьитIинал кверал чIвалел рукIана. Лъималазул бищун гьитIинав, кIиго сон барав Малачихан эбелалъул каранзул кIичIалги ричIун, ахираб нухалъ гьелда хахулев вукIана.
Хвалда йигей Ханзадаца кIудиял васазда, ишара гьабун, жиндирго буртинадул хьитал рихьизаруна. Гьей пакъиралъ хьитазда жаниб бахчун букIана ахираб гIарац. Берал къанщун аниги, лъимал ралагьизе гIадин, хапелел рукIана Ханзадайил кверал. Дагьаб мехалдасан гьелъул рухI босана. Эбел-эмен шагьидлъидал, гурхIараз чIамун кьураб чIерги кванан вукIана гьитIинав Малачихан. Солдатал АхIулгохIде рахиндал, гьез вачун арав гьесул хабар лъачIо.
Къоло щуго соналдасан, Имам Калугаялда вукIаго, гьесухъе рачIаразда гьоркьов вукIана Парамонов абулев офицер. Имамасда вихьаравго лъана гьев гIурусав гуревлъи. Гьев ватана гьитIинаб къоялдаса нахъе Парамонов абулев бечедав чияс хьихьун гIурав ГIашилтIаса НурмухIамадил Малачихан.
Имамас Калугаялдаса гьесул вац НурмухIамадил МухIамадихъе кагъат хъвана нужер вац чIаго вугилан. Гьев вацасухъе ваккизе Калугаялде вачIана, кIицIулниги Дагъистаналде щвезе Малачиханги ана.
«Имам Шамил» МухIаммад ХIамзаев
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев