Цоцо вализабазда т1асан къокъалго мухъал:
Жододаго лъач1ого Дагъистан хьихьулезул, Бихьа-раг1и цо чанго босизин назмуялде. Кавказ саламалъизе сабаблъун жал ратарал, Теч1ого т1уран к1очон т1амачалда росизин.
Ракьцоял лъебелазул лъихъго бицен батарал, Тамашаял инсанал абуна Т1алсух рук1ин. К1иго гьит1инавго вац, цадахъ рохьдохъабилъун, Лъун руго эзул росдад ресалде рахъайилан.
Ихдалил щибаб радал рохьдохъаби рехьлъуда, Лъимадул сух1баталъул алатгин ун руссула. Росу рази хут1ула рехьед г1орц1ун бач1ула, Г!адлу боц1улъ бижула, рорч1уларо меч1-хурир.
Халикъасе бокьидал хира инсанал гьари, Гьав к1ияв камиллъула лъебелазул рохьазда. Лъиего кьеч1еб г!адаб муг1жизат-караматалъ, Кодор росун ратула росдада лъалалдего.
Расги лъаларев эмен, оцалги ран цо къоялъ, Вахуна цо х1алт1уда цадахъ цояв вас гьавун. Оцода хьоп кьабеян амру инсул ц1ик1идал, Ас хьопода т!ад хезе хехгого лъел гьабула.
Лъик1ал хьопал росеян рохьове вит1аравги, Ракъварал жулихьопал щвезег1аналъ кват1ула. Щибго лъаларев эмен азул махсаро бак1лъун, К1удияб
хьопги босун васазде т!аделъула.
Х1асангин Исмаг1илий г!адлу къвак1изабула, Г1амал хварал васалин семи-хьандей гьабула. Бичасул балъголъаби балъго ругог1ан рокъор, Къацанди камун гьеч1о кинго гьев къайимасул.
Цо къоялда къарзалъе къват1иб росдаца араб, Инсул х1ажалъи ккола х1алт1ун щвараб г1арцуда. Цояб росулъе ине аварг1оралъ нухги къан,
Ихлъул къоял инег1ан къот1ун нухгин ккола ал.
Инсул х1ажат ц1ик1идал к1удияв васас сирру, Рагьани рагьейилан гьесун вуго х1ал кьезе. Ракьа-раг1ал бахчараб ихлъул г1ор къот1ун къват1ив, Къарзалда хадув инин инсуда бицун буго.
Бегьуларин эменги унев унев васгоги, Сог1аб г1урул раг1алде г1унт1ун руго хехгого. Хадуб бер г1унт1илалде г1урдадаялдасан хех, Бохал цин риччич1ого ворч1ун вуго вас цеве.
Вуссунги вач1ун вуго инсудасан хех рокъов, Къарзги чвантинибе къан къого минут иналде. Эмен х1икмалъун вуго х1ал хисун лъугьун вуго, Лъавуде вач1арасго реч1ч1ун къвал жемун буго.
Бичасе икрам гьабун какал щукруялъул ран, Рукъ агьлуго рохалил руссун руго маг1иде. Г1орхъи гьеч1ел х1икматаз васаца х1айран гьабун, Росулъ ратаншиназул рагъари хисун буго.
Салах1 ах1игин васаз созол щоб гери гуреб, Росдада т1атич1ого рач1уна рузманги бан. Руссун т!ад саг1удияб Маккаялдасаги ал, Саг1атцин т1убалалде Т1алсухги щун ратула.
Рахъилалде росдалал рузманги бан къват1ире, Рокъор щун рещт1унаан щайихзаби залалалъ. Нилъер хасало бакьулъ росулаанила аз, Росулъе г1урччинч1ах1ал маг1арулаз кваналел. Г1арабазул пихъил хъалал азул рагьт1асан, Т!аг1улел рук1ун гьеч1о т1убараб хаселалъго.
Щибаб рузманалда ал ун руссана г1умруялъ, Каг1баялда какги бан кват1илалде Т1алсухе. Т!адег1анас гьезие гьунар кьуна х1икматаб, Х1айран г1алам гьабулеб бахчизецин кколареб.
Бокьараб заманалда бана азуца какги, Койсу г1оралъул бакьулъ г1одоб буртина рехуни. Буртинаялда г1одор башмакалги къазарун, Къасдкканщинаб г1ибадат г1оралда т!ад гьабуна.
Т!аде азербажанал устарзаби щвезег1ан, Г1урул карачелалда г1емералъ х1ухь бахъана.
Г1анса сайгъатлъун щолелъ щобде данде рач1ана, Гьеч1еллъунго ч1езарун гьобол х1икмалъизавуна.
Квер босана васаца кваналеб чол х1ат1алъан, Т!адбуртинагин раккун рик1к1адасан щваразул.
К1удияб ицц бук1ана бакъвараб щобил т1огьиб, Т1убалеб т1олго росу, г1анса тункун баккараб.
Г1асияв росдал цояс ИсмуЛЛагьал цереккун, Гьарун буго гьезулго гьунар гьездасан жиндий. Гьезул аят ц1алигун гьурилъун воржун вуго, Жужараб х1арщ кинниги жужан вуго жив кьурда .
Кьал гьезде ах1унщинал Аллаагьас басра гьарун, Бах1риялъул г1умругин г1адада т!амун руго. Г1ажаибаб гурони эзул бицинго гьеч1о, Боржи зах1матабгуреб х1икмат карамат ккеч1о.
Х1алк1олъи Жиндир бук1ин баянлъизе халкъалда, Бичас гьав к1ияв вижун мук1ур гьаруна лагъзал. Гьезулги рак1 ч1ух1илин Рижарасул цо х1икмат, Карамат гьезулги ч1ван ч1вадарухъан гьезде вай.
Гьезул цоясул бет!ер къот1ун буго гъачагъаз, Гъурбаталда гъолода доба Азербажаналъ. Бичасул
х1икмат буго баян нилъей щолареб, Щун буго гьесул бет!ер Т1алсух жинцаго босун.
Нусгоялде г1агарун версталъул манзилалда, Босун бач1араб бет!ер т1убанго х1икмат буго.
Къот1ич1о гьезул наслу вас Мух1аммад хут1ана. Гьесул васасул вас Муслимил Мух1амани, Немцазул рагъулъ ине, рет1ел хисулеб бак1ихъ, Баниялда т1увана, Бичас гьари къабуллъун.
Бичасул х1икматалда х1айранлъарал хунзахъез, Хвел-хоб гьесул т1убана т1улил вацасул г!адин.
Г1одов тарав к1иго вас Муслимги дибиравги, Бичас ахирал соназ рачун ана ракьалде. Эменаллъун гьал соназ рук1инесел авладал, Аллаагьасе рокьиялъ ракьалда нахъе теч1о.
Рехсонщинал рук1ана кашфуялъул агьлулъун, Эзул щивасул руго щакго гьеч1ел х1ужаби. Х1аллъазе бегьулезде балъгояб гьез бицана, Бичас жодое бараб бут1а т1атинабуна.
Т1алсухдерил хабалалъ байрахъ к1иго ч1ваниги, Бичас хира гьарурал гьезул анкьгоял руго. Гьабуге зиярат г1ей гьезул к1игоясде щун, Гьезул г1емерал руго г1ага-шагар ращадал.
Г1асраби реганилан рик1к1адаллъун тоге гьел, Гьабсаг1аталъги гьезул гьеч1о хабал ракь бакъван. Бавухъ буго мусруги росун унехъ жалгоги, Жеги роц1ц1ун бералги, бац1ц1адаб кьер гьумралъги.
Гьеч1о гьел хвараллъунго халкколеб буго нилъер, Хабаде рач1аразе къач1алеб буго сайгъат. Къвариг1елал т1уралин х1ат1ида рахъун руго, Х1ажалъи бицейилан берцин ц1ехолеб буго.
Бухьараб гьезде анищ ищкал гьеч1о т1убала, Гьарани гьел цере ккун Гьардарас жаваб кьела. Гьабурасул зиярат зобалазде бахъила, Хиралъигин файизалъ занк1ун рак1алго ц1ела.
Рах1манав Бет!ергьанас гьав к1ияв нилъей кьуна, Лъебелазул халкъазе къвариг1ел т1убазелъун. Т!адег1анав Аллаагьас эзул наслу нахъ тана, Нагагьал унтабазе баянал дарабилъун.
Дару х1ажалъаразе х1ал кьеялда хьулазе, Зияраталъ щваразе щвайги нужер баракат. Амин.
Закаталаялдасан Талаялъан Афанди:
Закаталаялъул Тала росулъев, Тамашаяв инсан рехсон к1алъазин. Халкъ х1айран гьабурав х1икматав Ах!мад, Ал данделъаразе рагьизин дагьав.
Рохьдода т!амурав т1инав г1олихъан, Г!адамал разияв вехьлъун вахъула. Рехьед г1орц1ун щола, боц1ц1и ц1илъула, Лъилго г1арз щвеч1ого г!адлу ц1убала.
Ц1ад бала цо сардил санаг1ат хвараб, Ихал ч1ах1алъула эзул гъулдулъан. Дандрарал лъараца росда цебе г1ор, Ццидахун борч1уна ч1алаби росун.
Регарал гъут1бигин т1алаби ганч1ал, Ч1ег1ер х1абургъун алъ уна хъамунго. Нахъе къала гьеб г1ор къот1зе кканщинал, Гамущ ч1ег1ербоц1и ц1ерг1ан нахъч1вала.
Вач1уна боц1ц1ул вехь рехьедгин радал, Доб рахъалде г1урул рег1изе боц1ц1и. Г1агарлъигин аск1ов эс г1ор ч1езабун, Г1ачигин вач1уна ганч1ил нухдасан.
Ахирисеб г1ака г1ортун борч1идал, Ч1ег1ерг1ор бортула теларин щибго. Боц1ц1и къот1ун щварал щибал цоязе, Якъинлъула х1икмат, Ах!мад т1атуна.
Т1убараб къо уна гьесухъ г1ащикъго, Г1уруца нух къот1ун т1олабго росдал. Радалил карамат такрарги гьабун, Бакъанилъ вач1уна къадруяв инсан.
Урхъун бугеб росдал джамаг1аталъго, Жемун къвалал рала жодор вехьасда. Данделъун рохалил цин маг1уги т1ун, Т!адаб рецц Бичасе гьабула росдад.
Боц1ц1ул вехь цинт!аго нуцалхан гьавун, Хидмат кинацаго гьабула гьесий. Аллаагьасе реццин щайхасе, Халкъалъ т!аде босун, росдаца ккуна.
Щайихасул х1албихьи:
Цо доба цо гьаниб гьесул карамат, Камич1о росдае доб къоялдасан. Гьесул х1албихьизе х1алт1ул оцалаз, Цо сардилъ гьесулго хурил т!амула .
Радал цудунго ун оцал къот1идал, Т1алаби кинниги регунго ч1ола. Вач1ун Ах!мадица хьоп к!ут!изег1ан, Г1ебеде рехарал рорхунго гьеч1о.
Гьесул х1албихьизе х1елеко цояз, Басун бит1ун буго бикъараб чидал. Бач1игин кванайдал, киналго релъун, Копой гьавун вуго гьавищ щайихан.
Бохги мангидасан цебеги гьабун, Гьас х1ат1иде т!аде ц1ан вуго цояв. Цин дир к1алдиве валагьейилан, Гьабураб амруялъ ав вуссун вуго.
Бугила к1алдисан жанибе ралъад, Ралъдал полпилъ рехун хвараб х1елеко.
Х1абургъун хъублъанищ гьелъ ралъадищан, Щивасда ц1ехола хадуб щайихас.
Хат1а бугониги нуж т1атиялъе, Т!аг1ам гьабунилан гьезда бицуна. Гьедиг1ан гьит1инал жалаца Ах1мад, Х1абургъуларилан бич1ч1изабула.
Бат1иял васаца цоги нухалда, Халикъасул гьудул гьобол гьавула. Гьединго рикъарал ризкъаби дандран, Довго Ах1мад гьезги ах1ула т!аде.
Т!аг1ам гьабилалде гьас ах1аразде, Амру гьабун буго байбихьейилан. Нужерго г!адинан кванайин абун, элгин кванан вуго кепаб каламгин.
Кеп асда щварал аз асда бицуна, нижер жо нижеца узухъда кванин. Амма мун къосанин, бикъараб кванин, Кинав щайих жакъа мунго ккараван.
Маг1на т1атун буго доб раг1иялъул, Досие ц1ар щвезе аз бикъун буго. Бикъун щайихасул назру кванарал, Квешаб къавм жал рук1ин мук1урлъун руго.
Рузманалъул какил сужда гьабулев, Гьенив кват1ун вуго камилав щайих. Хадур какал ралел кват1и бихьидал, Бащдал рикьун руго кьун саламалгин.
Сабур гьабураца гьесда гьикъидал, Дуе щиб кканилан суалал кьедал, Станбул щолелъуре х1ажизабазул, Ах1и бач1анилан жаваб гьабидал,
Гьезда данде азги чи вит1ун вуго, Бит1ун лъугьа-бахъин нахъе босизе, Батун буго азда аб рузманкъоялъ, Гъанкъиялде г1унт1и т1олалго ралъдалъ.
Ралъад квеш багъарун гама гъанкъулелъ, Лъан буго муридас эсде ах1и бай. Берда вихьун вуго гьев муридасда, Ралъдалъ гамида гъеж ццурав афанди.
Цоги рузманалда аз хал гьабидал, Имам к1иго лъугьи лъан бихьун буго.
Бихьун Маккаялда как бараб къоялъ, Бан буго гьебго как гьас жиндир росулъ. Росулъан балагьун бихьулев Каг1ба, Камилазул камил Мах1мудил маъзун.
Закаталаялъул щайхасул канлъи, Карамалъи лъарав дир Талалияв. Совет валасталъул асирлъиялде, Инкар ккун бергьарав багьадур муршид.
Машин-тракторалъе ц1азе зах1малъун, Вугелъувго тарав тамашаяв лагъ. Щварав ханзабазул бечелъиялда, Бер гьелдасан босун мискинлъи щварав.
Щвейгин муридасда къалбу малъарав, Вахъинелде т1убан бахъарав. Хабат1е гьет1араб г1аркьел къот1арав, Г1умруялъ г!ажизлъун г1одов рехарав.
Роц1ц1унареб анищ жинде бухьани, Векерулев данде давлаги босун. Дагъистан урхъарав Азербажанав, Аллаагьас нижее баркат щвайги дур. Амин.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев