День рождение (гьарураб къо):
Нилъехъ аслу бач1ана, Расуласдасан щвана, Рабиг1ул авалалъул анц1ила к1и беццана. Бач1анщинаб соналъул Расул гьавураб къо-моц1, Къадирас хира гьабун халкъалда машгьурлъана.
Нилъеца какиларо христианаз ц1унараб, Расул Г1иса гьавураб гьезул к1удияб къоги. Къанал реч1ч1и щай нилъей, щив авараг вахъараб, Хассаб цо къоялдаги, къавмаз нахъе ц1унараб?
Расулазул къояли Къудратас т1ок1 гьаруна, Т1олабго халкъалдасан хира жалги гьаруна. Хирияб Къуръаналда къисса гьезул бач1ана, Нилъее мисалалъе сурат гьезул решт1ана.
Расулалги нилъ гуро нилъер къоял реццич1о, Къойил азар руччаби къинлъула нилъ г1адазе. Нилъ гьарурал къоязда къинлъана гважби кирго, Къадру щибниги гьеч1о нилъ гьарурал къоязе.
Гьарураб къо баркуге болъон къинлъараб къо гьеб, Къадру гьелъие кьоге къуркъби рижараб къо гьеб. Къадру къоязул хвана нилъ гьарурал рук1иналъ, Гьеч1еб нилъер къадруялъ къоялги чороклъана.
Лъазе т1атине тоге нилъ гьарурал къоялго, Къимат нилъерго хвела хут1арабги гьеб къоялъ. Къанал т!ад лъун бахчун те рехсараб чорокаб къо, Рекъон гьеч1о къадрусси
къунц1изе бук1арабги.
Рак1арун дандиялгин дандбаге гъаланчалан, Гъоркьги дагьаб бук1араб бортизе буго къадру. Къват1ир ч1вазе гьаруге лъач1ездаги т1атина, Нилъ г1адазул гуребин бук1унеб гьарураб къо.
Берцин воре бихьуге бичасул тущбабазул, Талих1 г1одоб буссараб рождения ножода. Жугьут1-капурзабазул босуге г1адат-г1амал, Г!азаб х1акълъизе буго берцин бихьани г1амал.
Бокалал данд тункулеб те ножоца гьеб къого, Гьекъолдухъабазул къо Къуръаналъ какун буго. Киназул нух ккуниги ккуралгин къияматалъ, Нилъго рахъилин абун абун баянаб х1адис буго.
Х1инкъа капурзабазулъ Бичас гьариялдаса, Хъанчил агьлуялда гъорлъ лъик! гуро метер рахъи. Халикъасул рахъ ккураз рехсараб къо ц1унич1о, Ч1анда жаздасан щвараб щибизе нилъееги.
Лъик! рихьуге байрамал Бичасул тущбабазул, Бадибе туй цо байрам рождениялъул гьезул.
Г1емераб къвариг1араб мукъсанаб нилъер г1акълу:
Ахир гьеч1еб г1умрудай г1езе рател сок1к1улев, Инсанг1ан г1ажаибаб бижанищ рух1 Рах1манас? Х1икматаб рижи буго бижараб инсанилан, Ахир гьеч1еб г1умрудай г1емер жо х1ажалъулеб.
Х1ухьел рик1к1ун миллиард ахираталъ веказе, Каспу т1алаб гьабизе т1алъана инсаназда. Т!аг1ин гьеч1еб г1умрудай г1езе рател батеян, Бичас инсан ракьалда дагьал къояз виччана.
Факъирасул х1алк1олиш х1ад гьеч1ел г1асрабазе,
Г1ураб рател батизе рик1к1ун кьурал х1ухьелаз. Х1икматазул ралъданив лъедон киве г1унт1илев? Бет!ергьанасул къадар къалмил х1алк1олеб гьеч1о.
Гьеч1о инсанасулго къисмат батулеб х1алалъ, Бичас киве вачунев квер рек1унеб духъ гьеч1о. Хадусеб къисматалъулъ лъалел гьеч1о ургъизе, Аз х1апарабилъунго х1алел ратила жалги.
Х1ухьел ч1андай уна Аллаагь рехсей гьеч1ого, Рорч1уна чанги саг1тал рехсеч1ого Бет!ергьан. Хасго балеб какилъцин биччала чанго гъалат1, Бит1ун гьеч1о ц1алулеб балеб гьеч1о г1ужда как.
Камизабула какда цебе-хадуб гьабулеб, Хивалазул къвач1алъун лъола нахъе фараиз. Рец1изе какал ругел камуларо г1адамалъ, Таклифал мукъсан гьарун къач1ала гьаб байтулмал.
Мух1аммад г!адамазул г!айибазде ваккуге, Г1акълу дург1ан камурав кивго чи ватиларо. Квешлъаби г!адамазе г1амм гьарилин гьесуге, Гьеч1о дурги хадувгъей хадусеб дунялалда.
Дург1ан х1узур мукъсанав къанаг1атги чи гьеч1о, Къокъаб буго г1ибадат г1абдал цого мун вуго. Г1орхъи гьеч1ел г1асрабаз г1езе бугищ дур рател? Г1акълу мукъсанав факъир Къудратас хьихьагиха!
Хабалъ лъабго саг1аталъ г1ураб рател батич1ев, Бичасул ц1об-рах1маталъ абадалъго хьихьаги. Аллаагьасе къабулаб базе к1веч1ев цох1о как, Киналго г1абидалгин абадалъ вохун таги.
Сахаватаб фазлуялъ релъарал мунгин дуда, Дур Халикъас хьихьаги хьул гьеч1ел давлабазулъ. Бикаралде балагьун Бичас рехун теч1ого, Ч1обого Жиндир ниг1мат г1орхъи гьеч1еб г1аммлъаги.
Г1ибадат халалъизе Халикъас гьунар кьеги, Хайир гьеч1ебщиналъе лъуг1ун ккаги замана. Малг1ун-щайт1ан лъутаги лъик!лъаби гьарзалъаги, Гьабулеб т!аг1аталъулъ т!аг1ам гьац1ил батаги.
Т!адег1анас ц1унараб ц1ар хъвайги агьлуялъулъ, Устарасдалъун фаиз эркен рещт1аги даим. Т!агьаясул щафаг1ат щивав цоясе щвайги, Щибаб икъвал къаданиб нуж рахъилалде ч1ч1аги.
Ножоца квер балелде кинабго дандбилъаги, Дунял-Ахираталъул хурзал ц1уран ратаги. Ахир гьеч1ел давлаби даим г1орлъун чвахаги, Данде гьабич!ебщинаб берцинлъи даимлъаги.
Аллаагьасул сахават ахир гьеч1еб г1аммлъаги, Лъалелги лъаларелги лъик!лъабазулъ хьихьаги. Бичасул х1икматазулъ х1ажатабщинаб батун, Талих1 к1иябго рукъул ризкъилъун насиблъаги.
Амин.
Инсанал ричула черхгин иблисалъ.
1-леб бут1а.
Адам х1арщалдасан х1адурлъулаго, Мах1аббат бергьарал гьал гьудулзаби. Гьанжеги цоцазе г1агарал руго, Рак1ал цоцалъ рухьун хьвадулел руго.
Адамил мугъзалъан зарраялъанго, Лъик1аб гьоркьоблъигин гьал рижун г1уна. Жакъадги бахчараб балъгояб рухьен, Буго бичулареб чара хведалги.
Хиянатаб иблис эбго нилъер нафс, Росаралго руго цоцаца кирго. Киньяз-ханлъун иблис элъулго лагъ нафс, Абулел гьабулел гьанжеги руго.
Жах1да рух1алдаги рехсарал руго, Хиянат нилъее ургъун кидаго. Амру иблисалъул т1убай нафсалъул, Нилъехъ бессун буго балъго сих1ирго.
Рукуг1-сужудалъе къуларалъубги, Берзукье дуниял дургъула цебе. Балеб как кирали ругел цере лъун, Лъалаго эзие ине гьабула.
Гьебгуребги щибго гьабураб г1амал, Г1адада рег1ула рияъ аз жубан. Балеб какалъулъги кибго диналъулъ, Лъуг1ел аз ах1ула х1алк1ун къокълъеян.
Мукъсан т!аг1ат гьаби т1ут1ун хвезаби, Т!аделъун малъула нилъеда черхалъ. Рехе щибаб лъик!лъи хиралъи квешлъи. Кинабго черхалъул хасият гьале.
Халикъасда цебе рух1 чороклъизе, Черхалъ ях1 бахъула иблисгин рекъон. Ахират жиндийго квешлъизабизе, Квер черхалъ бакъула рекъон иблисгин.
Къудратасул ц1обалъ ц1унич1онани, Ц1адар нилъ рачуна черхалъ бигьаго. Халикъасул кумек кват1ани нагагь, Нилъей ц1а х1акълъула мекълъиялъ лугбал.
Къокъгьабун т!аг1атгин т!адагь гьабун дин, Т1ола нилъер рухьен рехсараб нафсалъ. Халикъас какараб квешлъи гьуинлъун, Ккола г!азабалъулъ г1еч1они г1акълу.
Г1амалго гьеч1еб черх чурхъич1онани,
Ч1урх1ила элъ нилъер нусабго лага. Г1асилъи кьабизе биччантани нафс, Нилъг1ан талих1къараб рух1 бук1инаро.
Белъанхъила иблис нафсгин рух1 ц1адаб, Ц1уллъун бух1улаго боха-хинлъиялъ; Хассаб гьелъул мурад даим ц1унараб, Ц1адабе, нилъги тун, метер ккунгут1и.
Мекъи жиб ккеялъе сабаблъарал нилъ, Сакъиралда жибгин жанир гьалмагълъи; Гьелъул къасаваталъ гьекъараб нафсалъ, Сакъир гьеб цадахъаб гьарула даим.
2-леб бут1а:
Нафсалдаги ц1ехе г1аксалда гьабе:
Дунгин цадахъ т1олго диналъул вацал, Дагьаб хабар гьеч1о хадур гъолареб. Гъафулал нилъеда лъин г1одоб балел, Бак1ал г1емер руго г1акълу бугесе.
Г1емер рик1к1адего раккизе гьеч1о, Ч1вазин черхалда бер хирияб нилъей. Хурхараб рух1 жинда жасад борцизин, Нилъер нафс батана нилъерго тущман.
Батулареб кибго балъгояб рух1ги, Берал жинда гъураб багъилаб черхги. Бук1ун буго тущман щибго лъач1ого, лъугьа-бахъи эзул ун буго цебе.
Берцинан нилъеца хьихьулеб черхалъ, Чорок нилъ гьаризе раг1ула хивал. Хиянатаб иблис аск1обе ах1ун, Рух1алде рагъ базе бокьун раг1ула.
Гъоркьанго балъгояб гьоркьоблъи алъул, Иблисалде гурищ бук1унго бугеб. Бичасда цере нилъ чорок гьарилин, Гьедарун руго ал рекъон к1иялго.
Рак1 жаниб батани бах1арзал нилъер, Лъезе ккола кьили кьалаб черхалда! Чулъун къот1е кибго, г1ет1улъ базабе! Бухе хехго хехго хиянатаб нафс.
Ханас лагъ г!адинан риханщиналъуб, Бищаризе т!аме! Т!ад магъало лъе! Т1оцебе щибаб жо ц1ехе нафсалда! Хадуб гьабунщинаб гьабе г1аксалда!
Нафсалъе бокьараб маликь ккезабе! Бищун эб т1урулеб т!ад къай гьирг!адин! Т1убараб г1умруэлъ г1одобг1ан гьабе! Г1анк1ил къадруялде бахине тоге!
Рихи бихьун г1емер г1ибадаталда, Туризе гьабе черх чара хвайилан! Хассаб мурадилан г1едег1анщинахъ, Халат гьабе т!аг1ат г1арзахъдизег1ан!
Г1елалдего макьо кье чорхой подём! Кьалулъ солдатасул макьиде баче! Чехьго бит1илелде т!аг1ам нахъ босе! Бесдал эбелалъул рул х1ай гьелъие!
Данделъизе тоге дандиязде нафс! Сух1бат бертабазде борч1ине тоге! Тату бугеб ризкъи къот1е гьелдасан! Т!аг1амал нахъе ч1вай хириял рихьун.
Рагьт1ателлъун дуца дурго нафс гьабе! Бокьун батанани талих1-берцинлъи, Бокьараб нахъе ч1вай! Рихараб малъе! Рохел гьезулъ буго к1иябго рукъул.
Х1акъикъаталде чи вахине вуго, черхалда т!ад ханлъи билъинабидал. Дунял-Ахиралъул икъвалал дуде, Данде рекерила ккуни гьаб г1акълу.
Г!адамаз бицунеб берцинабщинаб, Щвела дур кодобе ккуни гьаб г1акълу. Г1емерго г1емераб раг1ич1еб дуда, Ризкъилъун гьабила гьаб г1акълу ккуни.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев