ер):
ЧАНГО БАТ1ИЯБ ХЕР ХАЛКЪАЛЪЕ ДАРУ.
1-себ бут1а.
Ракьалда рижана жеги халкъалда, Къуват х1ал лъаларел х1ад гьеч1ел хурдул. Хал гьабуни руго релълъен бат1иял, Т1атун рахъунарел харил тайпаби.
Буго щибаб харил хасият хассаб, Хирияллъун руго т!абибзабазе. Т1олгоязулъ буго балъголъи хаслъи, Халкъалъе пайдаяб буго ч1аголъи.
Лъач1ого хут1арал руго жегиги, Жеги хераб дунял хадубго гъеч1ел. Хассаб бат1ияб х1ал х1ассул гьабула, Балъголъаби г1емер ракка-щинк1ула.
Къвак1ула чучула мехта-вичула, Черхалда г1ет1 бала бакъвазабула. Къуларав хурдузде хагазавула, Халатаб халкквейгин хут1изавула.
Хурдузул гьунаралъ рак1ал риараб, Инсаназулъ рокьи гьоркьоб бекьула. Кьал гьоркьоб бекьула бижараб ч1ах1алъ, Ч1вай хъвеялде аб халкъ хералъ рачуна.
Найил гьоц1о буго бац1ц1адго харда, Холеб загьру буго бижараб харилъ,
Ругънал алъ ригъула рит1а ц1илъула, Кварц1и т1егь т1ун кьола рокьул сайгъатлъун.
Столалда ч1ух1дай ч1ах1 т1егь т1ун лъола, Бат1и-бат1ияб квен гьабула ч1ах1ил. Гьуин мах1ал кванилъ кирг1аги ч1ах1алъ, Ч1аголъулел рак1ал рекьула кирго.
Кинабго г1ибоц1и ц1унц1ра х1ут1хъомор, Х1атта инсаналцин хьихьула ч1ах1алъ. Х1айванал рукъалъул ч1ах1алъ хьихьула, Рукъалъул х1айваназ нилъги хьихьула.
Хьандезе т!амула х1апдезарула, Х1ала чанго накъит наркотикаялъ. Ратизе зах1матал рокьул хурдуца, Риизе гьарула рак1ал ц1акъ сог1ал.
Рехарал рукьбузда бала ччорбил гьан. Бекараб мугъзал гьод гьалъин бит1улеб. Т1икъвамаг1 бахъула чол х1ат1идасан, Х1икмат чанги буго г1урччинлъиялъулъ.
Г1уч1лъула хасало т1ирщуна ихдал, Аллаагьас ризкъилъун лъазабуна ч1ах1. Бекьун бижунебги жибго т1ирщунеб, Т!абиг1ат ризкъилъун Раззакъас кьуна .
Релълъуна маг1арул муч1дул риидал, мажгитазда ругел халичабазда. Хурдул чан бат1иял т1егь чан кьерилаб, Кьуна г1аламалъе Г!азизас гьарза.
Расинал мурадал дараби харил, Халикъас хисхисун нуснус рижана. Жиндир къудраталъулъ нилъ гъварилъизе, Роол муч1дул лъуна нилъеда цере.
Цингиги г1емерго х1икмалъиялъе, Х1апараби х1ут1ал т!амуна харилъ. Халккун балагьани нусго бат1ияб, Буго х1апара х1ут1 т!амун к1азалъукь.
К1оларо батизе цо квадраталда, Дару чан бат1ияб бижараб харилъ. Баянлъизе гьеч1о гьебго бак1алда, Бижараб харида хадубгъей швезе.
Т1угьдузул расинал суратал харил, Хадув гъоларедухъ руго х1ат1азукь. Х1айранал мах1алгин х1асратал кьерал, Руго к1аз ч1вайалъукь рекьун Халикъас.
Халикъ бахъанщинаб шагалъукь Дуца, Щущан буго берцин бажари х1икмат. Х1исаб гьабурасда Дур зат т1атине, Т!амунщинаб х1ат1икь х1икматал руго.
ЧАНГО БАТ1ИЯБ ХАЛКЪ ХИЯНАТ ВАЦЛЪИ.
2леб бут1а:
Г1умру халалъараб харил тайпалъун, Халкъги буголъана Бичас бижана. Рижана г!адамал г1емер бат1иял, Т1атараб т1атич1еб ч1ах1ил тайпалъун.
Т!ад валагьун инсан рес ккани хъомор, Хъах1аб ралъдада х1инч1 х1алк1вани гъалбац1, Ц1одораб т1алил най, т1екъаб цагърил г1унк1к1, Г1адамал ругелха чанго бат1иял.
Чахъабилъунги ал, бац1аллъунги ал, Беречал маккаллъун хъарчигъалъун ал. Бичас рижун руго жакъасел къавмал, Къула зазлъун цоял цоял т1угьдуллъун.
Т!адег1анас инсан бижун бугеб куц, Цоцада релъич1ел цинги бат1иял. Т!абиг1ат г1амалги г1акълу къадруги, Къудратас щивасе бащад кьун гьеч1о.
Гьезул цоял руго инсан ц1унизе, Ц1адай жал к1анц1улел ц1уни чияй тун. Чорхол биги кьола цояца чидай, Чидал би гьекъолел къват1улъа жазни.
Къад урхъараб салам руссун гьабула, Сардилъ чидар рукъзал тала гьарула. Табси столалда нахъ цадахъ гьекъола, Къват1ир рахъиналде ругънал гьарула.
-Гьадиналги руго рижун Халикъас, Хвасар г1алам гьабун г1умруялъ ч1ч1арал. Г1емерал цадахъго гарбиде ц1арал, Бода цересан жал рагъде рортунел.
Таманал рорч1изе туснахъалъуре, Лъугьунел гъоркьлъалий лъик!лъи бахъаян. Хвараб г1амалалъул г1емер муридал, Муршидас рачуна чухъикье ракьда.
Дозул г1амалалъул г!азаб жинде цин, Цадахъ т!аде ц1ала ц1ар машгьураца. Къурущлъун т1упула т1анч1и кваркьакьгин, Т!аде балеб ц1адакь я ц1ороялъукь.
Ц1унула муршидас гьал муридзаби, Дунял-Ухраялда рихаралдасан. Рачун уна цадахъ чарал гьал т1анч1и, Т1олго давлабазе т1ахьаз бицунел.
Т!адег1анав Парччах1 чанги бат1ияв, Чи Дуца вижана нижеда жанив. Бижарав кинабго Дур х1икмат буго, Х1исаб гьабурасе х1айран гьарулеб.
Х1алк1олъи Дур буго далаилалгун, Дунял-Ахиралъул хиси гьеч1ев Хан. Халкквей Дуца гьабун гьал риччан тарав, Вати т!адав цого Мун гурев гьеч1о.
Гьеч1о дунялалда г1уч1 багъариги, Г!азизав Бет!ергьан! Дуда лъан гуреб. Дозул гъозул бицин гьабунаниги, Цо Дудалъун гуреб рагъари гьеч1о.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев