Лъуг1ел ахирго гьеч1еб Халикъасе санаъ рецц, Свалатсалам хирияв Расуласе даимаб. Амма баг1ду дир гьари Гьардарасде рух1ияб, Х1айранаб рак1 угьдараб гьанжелъиг1ан кват1араб.
Кинабгоги х1алалъулъ х1алае х1адур ч1арал, Х1ал кьейи якъиназе къокъаб гьари гьабизин. Гьунар х1икматаб кьурал х1ал кьезелъун рижарал, Расуласул бак1 кколел росизин рахьиялде.
Радалгин бакъанида къойил жидеда кколел, Жавабалъе х1алк1олеб х1алалда камиллъаги. Кинавго муридасул мурадал т1ураялъе, Т1амарал сабабалъе т!адеги камиллъаги.
Т1олалго анищазе мушавара роц1ц1унел, Муридазул кумекчи камиллъаги т!адеги. Т1упидал къанабакьги къвалакь ккун муридалгин, Малайкзаби рег1улел я Рах1им рорхизаре.
Хабалъ вукъарав мурид паракъалъун гурони, Рехун жалго толарел, Рах1ман рази гьарун те. Лагъзадерий х1алае х1акълъун Дуца рижарал, Нижер устарзабазе Аллаагь Дуца квербакъе.
Расуласдасан бугеб т1арикъат рахасалда,
Рарал гораллъун ругел Рах1ман камил гьарун те. Расуласул бак1ги ккун Бечед ниж т1орит1улел, Т1арикъат бикьулезе бит1изабе щибаб рахъ.
Муршидзабазе икъвал гьаб рукъалъулги кьун те, Бокьилин кканщинаб жо корщаликь баче эзул. Анищ цин гьабич!ебги гьезул даража макъам, Къудратав! Т!адг1ан гьабе гьарич1ебги Дуца кьун кье.
Бокьиларин ч1аниги Бечед Дурго гьадият, Гьезий кашфу карамат камилаб х1алалъ рагье. Гьезие х1ажалъараб х1алт1ул алат карамат, Кашфу камунго тоге Карим дуца маъзунал.
Ахираталде арал эдиназул хобгин рух1, Рах1им камил гьабун те кидагояб нурги бан. Бак1-бак1алъан гьезухъе зияраталъ рач1арал, Разиго руссунедухъ хабалъ ругел къач1ан те.
Рач1аразулгин калам камилаб х1алалъ ине, Абуразе т!адеги т1ок1лъи Дуца гьабун те. Гьуинмах1 х1ужраялда Дуца даим гьабун те, Гьалбадерил х1алхьараб х1икмат Дуца рагьун те.
Метер г1арасаталда г1алам бахъараб къоялъ, Къадругин Х1абибасде данделъи гьезий гьабе. Боц1ц1ул г1иял рехьаллъун Расуласул х1авзалде, Дуца муридзабигин эл г1ухьуллъун рак1аре.
Рах1им муршидзабигин эзий рокьарал Дуца, Цадахъ хвасар гьарун те Халикъ доб ц1аялдасан. Ц1уне даим гьарулеб Дур боркьараб жагьаннам, Бугеб рахъцин лъач1ого рорч1изаре рехсарал.
Расуласул агьлугин Алжан рукъалда рати, Ризкъилъун Дуца гьабе гьединазегин нижей. Живживасул анищал алжаналде щун т1урай, Т!аде жоялъе дуца дова Мун вихьиги кье.
Т1олалго алжаналъул жолъун ниг1матал теч1еб, Рач1аразе Мун вихьи мехмехалда гьабун те. Хирияб Дур заталъул лазаталъ х1алхьезабе, Х1асратаб алжаналда нижер устарзабазул.
Аллаагь Дуца Дур гурх1ел Х1абибасул щафаг1ат, Муршидазул квербакъе кибго нижейги гьабе. Гьеб рехсарабщиналъул щвей нижейги гьабун те, Тоге Дуца т!ад ралан, т!аг1ам бихьизе гьабе.
Бац1ц1адаб санаъ Дуе свалатсалам Ах!мадий, Дур машаихзабазе щвайги гьарарабщинаб.
ИНСАНАСУЛ КЪАДРУССИ КЪАЛМИДЕ БАК1АРИЧ1О:
Нилъер бихьи бук1уна рик1к1инего рик1к1ич1еб, Бералда цебе бугеб бащдабги бихьулареб. Ращдазулги ращадал рух1ч1аголъи руго нилъ, Лъай, г1акълу, бихьиялъулъ бицунго боржуларел.
Жундул кинго нилъеда боржизего к1оларо, Журан нилъгин ругел эл рихьич1илан абидал. Гьединго арвах1аца х1ущ ц1ала бицаралда, Цере ругониги жал рихьулел гьеч1ищилан.
Гьунар кьураб агьлуялъ нилъер бихьи нахъч1вала, Берал ругел ратани рак1азде раккейилан. Нилъер рек1ел хивалал хваразул арвах1азе, Эдинго жундузецин цаддахъ машгьурал руго.
Рижарав Бет!ергьанни Гьесул бицун пайда щиб, Щибаб рек1елъ к!ут!араб т1алулъун цебе ч1олев. Т!аде бач1ине бугеб бихьулев мег1ерг!адин, Адамидасан нахъе нилъехъ валагьун вугев.
Нилъер бахчарабщинаб буго эзий машгьураб, Беразда канлъи гьеч1ел ч1андажал нилъ гуризе. Рагьараблъунги буго балъголъи т1олго нилъер, Т1атун машгьурал руго гурелжаллъун нилъ рук1ин.
Ратигин нилъер бихьи буго лъийго г1еч1еблъун, Г1амал к1одолъи гуреб нилъехъ щвараб жо гьеч1о. Гьелда рекъараб буго къоял дунялалда рай, Къадалъ лъураб цо ганч1ил гьеч1о нилъер къадрусси.
Къудратас Жинцаго нилъ хира гьарич1ел ани, Бох т1ураб гарц1илг1анги бук1инароан тавуш. Теч1о нилъ г1одог1анги г1елмуялъ эб бицуна, Борцани дияталда(г!ак1а чи ч1ван кьолеб) дагьал рак1ал ч1ух1ила.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев