(ЧАЧАНАЗУЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ КЕЧ1):
Эменгин васасда гьоркьоб г!адаб кьал, Бокьулебгьеч1еб куц г1инда раг1изе. Рукъалъул бет!ергин т1анч1и гъаради,
Гъасдаго т1упизе т!адаб бук1ана.
К1удиясде гьеси гьит1инавасе, Сси г1одоб бортулеб г1аламат гьеч1ищ? Г1емераз бицунеб ахирзамана, Ахирги решт1ана Кавказалда т!ад.
Камураб теч1ого квер ч1валеб г1ужалъ, Квешлъи т!аде ц1ана т1олго чачаназ. Ц1унизе Россиялъ ц1араб буртина, Ц1аги гъун бух1ана бет!ер х1алт1ич1ез.
Х1ухьбахъи гьайбатаб гьаб дир ракьалда, кьал щайзе бук1араб рик1к1ад теч1ого? Рек1к1ал фашистазул питна роц1индал, Пулемет къват1ибе щайзе босараб.
Ракълил къот1иялде т1олго халкъ ц1алеб, Россия балъаргъи щайзе бук1араб? Балагь бач1аразе х1алае ч1ч1олеб, Х1алалда щай теч1еб гьаб ракълил Ват1ан?
Рукьбигьан къват1азда т1ибит1изаби, Т!адаблъун гьабурал гьел мекъи ккана. Мажгитал мадрасал г1ужий росизе, Г1амал гьабуразул г1акълу щиб кколеб?
Г1амал т!адег1анлъи т1асанги бищун, Щущахъ бана хассаз рукъалъул агьлу. Къацандизейилан х1албергьаразде, Бомбабаз ч1урх1ана ч1удналги азул.
Ч1ух1иялъ гьабулеб зарал лъач1ого, Ч1унтана росаби бусурбабазул. Бицине киг!анго рекъеч1ониги, Рекъеч1еб иш ккана мадгьалзабазе.
ХАДУБ РАГ1И:
Зигара борхизе заг1ифлъаниги, Зулму бач1аразда рак1 гурх1ун буго. Х1алкьезе ч1аголъи гьеч1онаниги, Г1ураб лазатбахъи буго рак1алъе.
ДИЕ КЪИМАТ КЬОЛЕЛЪУВ ДУНГОГИ Г1АХЬАЛЛЪИЛА:
Нилъеца чи толаро рекъараб къимат кьеч1ев, Къарнуяз цереселги рорцакъот1алъут1ула. Т!адчаг1и улкаялъул кварг1арщумалъ рорцуна, Росулъ ругелшиназе рекъараб къимат кьола.
Кьолелъул дийги къимат дидасан рахчаруге, Дунгоги г1ахьаллъила г!айибал рик1к1унелъув. Балъго нахъасан каки ккезе гьеч1о нилъее, Ч1варкьан бадир кьабила рокьуларел г1амалал.
Г1емерисел нужохъе щунго ратизе гьеч1о, Тохал дирго г1амалал г!айибалде дун кколел. Г1емер къоял гьоркьор ун гьоркьор хут1изе гурин, Риххарал хасиятал хиянатав хат1ибил.
Хехани хваращинаб хасият цо куналда, Километразул чит1ир т1ет1еч1ого ч1ч1еларо. Т!адг1одор сок1к1анани г!айибал г1уч1-ч1ум г!адин, Мач1у ч1ег1ернак1к1алъан г1емерго т!аде ина.
Гьединго г1одог1анлъи г1адамалъ хал гьабуни, Халкъалда гъорлъ дидасан сси дагьав ватиларо. Бижарас ц1унун вуго боц1ц1ул маликь ккеч1ого, Маликас хьихьун вуго хьуц1илъ къазе теч1ого.
Къадирас гьукъун вуго вачун х1орихъ х1амалъун, Лъималаз лъабал рек1ун, к!ут!изе виччач1ого. Черхалъул х1ал хисана хасият бат1алъана, Халикъасул сабабаз бак1лъи т1асан босана.
Биччун буго пахруго хасиятго хисана, Халикъасе г1агараз решт1ун салам гьабидал. Бигьалъана х1алрекъей х1алхъубалгун дандеккей, Камилаз кьураб салам босизе г1акълу г1едал.
Дир рак1 къацандуларо къадруго ц1ехоларо, Халкъалдасан т1ураца рат1а босаралдисан. Бигьалъана щибаб рахъ муршидас квер босидал, Калам Гьес гьабун хадуб пахруго рик1к1алъана.
Мук1урлъула какараб кинаб ц1ар дий кьуниги, Квер дицаги бакъула къадру дир гъенеялъе. Къуват г1унаг1ан каке кинабго дий рекъола, къадрусси басра гьабе басила дица гъулбас.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев