Г1ат1идаб т1ут1алдаса т1асан хъирщун кванарас, квандасан хьул буссиндал Бечед, Дуй рецц гьабула. Ризкъиялъ чехь бит1идал, т!аде чай жоги гьекъон, Гьеб киналъухъго Дуе данде санаъ гьабула.
Гьанже дунги г1орц1ана Дур ниг1матаз х1алхьана, Дунялалда гьабизе гьабилан жо хут1ич1о. Гьаризего лъач1ебги гьарзаго т1ибит1ана, Гьанже ирга щун буго Аллаагь Дуй щукруялде.
Какил гьаракь бекьана борхатаб минараялъ, Маххул ведрабазулъан лъараг1 авлахъаздаго. Усилитель х1алай ч1ун х1икматаб къуваталда, Къункърабилъун какил сас сверухъ муг1рузде ана.
Г1арабияб лугъаталъ бац1адаб тажвидалда, Дир васасулги васас росу какде ах1ана. Имамлъи васас гьабун маъзум мудун ав вук1ун, К1удияб мажгиталда жамаг1ат как гьабуна.
Кинабго дунялияб дир мурад т1убанилан, Т!адег1анав! Дуе рецц рак1рак1алъго гьабула. Гьаб бак1алда киналго дир хьулал ч1ч1езе тана,Дуниял дий кьуралъухъ Дуе даимаб санаъ.
Дун ц1акъ разиги вуго рух1 жакъад босаниги, Нафс г1орц1ана г1орхъи тун г1емер ниг1матал кьеялъ. Наслабазе г1оло Дуй г1орхъиго гьеч1еб санаъ, Г1адад х1азру гьабизе х1ал Дур гуреб к1олареб.
К1иабилеб кьералъухъ кьезе ккани Дуй къимат, Дунялалъул г1умруялъ г1еларо Дуе х1елун. Дир жакъасеб разилъи Дур икъвалалъул, Къалмаз хъван бахъиларо нух1ил г1умруялдаги.
Г1орхъи гьеч1еб щукру рецц цойги нухалда Дуе, Хириял наслабазухъ гьезул наслабазухъги. Наслу тухумго нижер исламияб Бижарав, Аллаагь Дуе щибаб рецц Дуе жиб мустах1икъаб.
Х1акъаб диналда Дуца дир агьлуго хьихьидал,
Аллаагь нахъойги санаъ х1исаб гьабун к1олареб. Х1абибасул шариг1ат шведал бук1ахъе нижехъ, Гьанжелъиг1ан г1аламалъ гьабурабг!ан рецц Дуе.
Расуласул варисаз росидал силсилалъулъ, Сур пузег1ан г1аламалъ гьабизесеб рецц Дуе. Расуласул мац1алда ц1али дир къавулълъидал, Дуца бижун батараб х1икматаб реццги Дуе.
Х1урупазул рахъиги Расуласул бач1индал, Бат1инаб Дур г1елмуда дандияб щукру Дуе. Шарг1алда ругьунлъараб рукъ агьлу бугониги, Раг1аби кодор щвеч1о щибунги Дуй рекъарал.
Балъгоял х1инкъаби.
Нилъер бец1аб рек1елъ т1анк1 ч1ун батула. Т1окъодукь г1иялъ ц1е х1урхъун батани. Хъач1лъула г1амалго, г1анк1о капурго Кибали хун батун рехизе ккани.
Баккула Бичасда хурхараб калам, Бараб ц1адалъ харил гъуни биччани. Гъараз инагьдула каранда жаниб, Кор жагъаллъанани, гьабил рек1к1 хвани.
Нилъер тасамах1лъи гурх1ел гьеч1олъи, г1ададе бахиндал г1амал хисула. Г!айибиял нилъго рук1ин лъаниги, Мук1урлъуларо рак1 к1оти гурони.
Рижарав Бичасде базе рахъуна, Бац1ц1ун нилъер мурад нилъ рац1ад гьарун. Вац1адав Бичасде буссинабула, Бач1анщинаб зарал бац1ад гьабун нафс.
Гьединазул жаза Рижарас нилъей, нахъе лъун буголъи лъазе к1оларо. Ризкъилъун нилъее кьурал ниг1матал, Кьаву ч1вазе тейи лъил мунагь кколеб?
Бакъиялъ, къечеялъ, квачалъ камураб, Рукъул х1айваназул х1акъ лъида бугеб? Босизе кват1иялъ т!аде ц1ад Щвараб, Бач1ин хур хер лъиде рехилеб ахир?
Биххизег1ан тараб басрияб кули, Киса щив т!аде щун т1ок1к1инабилеб? Нилъер тасамах1алъ турахванщинаб, Халикъас бец1илищ бец1ал нилъее?
Босиялъ т1асан квер биххач1унтараб, Вач1ун Халикъасищ хете ян ругел.
Халикъас нилъее кьурал ниг1матал, Кьаву ч1вазе теялъ батугеги х1акъ. Тасамах1 исрафалъ унщинаб т1асан, Ахир г!азабалъе гьеч1ого таги.
Г1ат1идаб ризкъилъун Къудратас кьураб, Басра гьабиялъул батугеги х1акъ. Къосарав чиясде бахъараб цциналъ, Нилъ жагьаннамалда данд гьаругеги.
Рижарасда г!айибг1унт1и ц1ехолел, Ц1аялъул агьлулъун ахир ккогеги. Бахчараб ширкалъул ишара батун, Талих1ги къогеги къосенчаг1азул. Амин.
0 0 0 0 0 0 0 0 0
г1адада сверсведула сабур бихулев факъир, Къо кквезе к1оларищан щвараб пащманлъиялда. Досухъ гъосухъ г1унт1ула г1акълу т1алаб гьабула, Т!аде цо х1ал бач1арас босула мушавара.
Щвараб унти бак1лъарас угьун х1ухьел биччала, Х1ал кьолел дарабазда рухьуна хьулал щула. Шуршудула къасда къад Къадирасе х1елула, Х1ал т1асан борхейилан бак1аб аман т!амула.
Маг1арул ч1ужуг1адан дуде бахъараб рак1алъ, Хъвадариялде гурищ щун ватана дунгоги. Дуде к1алъалеб г!адаб рак1алъе мадар раг1ун, Гьаруна назмакуч1дул кагътаз гъамас ц1езег1ан.
Г!адан гьеч1елъув решт1ун шуршудана дудеян, Шаг1ирлъунги вахъана хъваялъул г1емерлъиялъ. Г1арзал дуде хъвалаго г1акълуялъулъ т1ок1лъана, Г!адамазда лъалалде г1акъиллъуде ваккана.
Г1емер ах1дезе ккеялъ Аллаагь рек1елъ ватана, Ахир нухде вач1ана Халикъасде ах1дана. Инсанасда лъураб хьул Рах1манасда бухьана, Нижер г!адлу гьабеян Вижарасе х1елана.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев