Гьавуна Лъарат1а районалъул Никьицухъ росулъ 1935 соналъ. Ват1алъана гьаб дуниялалдаса 2011 соналъ. Ц1алана Закатала. Х1алт1ана имамлъун Бабаюрт районалъул Ц1умилухъ росулъ 23-го соналъ. Хатму-салаваталъе ихтияр щваралдаса дибирлъи тана, рокъовго г1ибадаталде вуссана. Рокъореги рач1унаан шарг1иял масъалаби жидер т1уразе, сверухъ ругел росабалъаги г1адамал. К1удиясде, Саг1ид афандисде инег1ан,вирд хъван кьезеги К1удияс тун вук1ана гьев.
1996-1997 соналъ хъвараб тетрадалдасан:
Б икун кодоб щвеч1ев ч1ового тоге .
Лъабкъоялда хадуб лъаг1ел аниги,
Лъураб жого гьеч1о нахърателалъе.
Лъай-г1акълу бугевлъун вижананиги,
Жеги къач1ан гьеч1о Ахираталъе.
Херлъи рещт1идалги щибниги камун,
Маликас теч1ев дун ч1ового вуго.
Ч1аголъи харбие диргоги буго,
Данде гьабураб жо надираб буго.
Дица рател лъеч1о лъабго къоялда, Къанабакь батизе г1ураб жегиги. Г1адамаз бицухъе дибир-мурид дун, Дунин раг1ад вуго рехсанщиналъул.
Щибабжо бихьана бицун раг1ана, Цоялъулниги дун бет1ергьанлъич1о. Бокьулеб бокьини боркьараб буго, Бикизе х1алк1веч1о батулеб метер.
Батанщинаб босун рехун теч1ого, Халикъ Дуца хьихье доб рукъалдаги. Регьунеб щиналъул мах1ч1ван теч1ого, ч1ама-къулч1изеги ч1обого кьун те.
Берцин бихьун хьул лъун хьвадулев вугев, Хьул лъуралдасан дий бут1а гьабун те. Рортун унел руго берал бакъун напс, Бет1ергьан т1ад балан мах1рум тоге дун. Рижулелъги цоял камил гьаридал, Гьардолев ч1ового вит1уге нахъе. Ниг1мат Дуца кьураз кванан хут1арал, Косоказдасан дун мах1рум гьавуге.
Мурад т1убаразул нуц1ида нахъа, Вахъун ч1езениги дунги виччан те. Дицаго бикараб кванаян тани, Канлъи-нурго свина вакъиялъ берзул.
Бац1ц1адаб Дур ц1ц1обалъ хьихьич1онани, Хьабалухъ г1уч1алъан канлъи бихьила. Карим, Дуца хьихье дир жого ккеч1о, Дур сахават-х1елму х1ажат буго ц1акъ.
Х1алк1олев Бет1ергьан гьабун те чара, Бикун кодоб щвараб ч1обого кьун те. Берзул нур ссунесе сахавалъиялъ, Халикъ, Дуе ками-мукъсанлъи гьеч1о.
Мурадалде Дур лагъ щвезе гьавиялъ, Гьабиларо Дуе ками-мукъсанлъи. Рижигин камилаз кеп ц1алеб къоялъ, Къадир, вачахъуге, Дур рагьдисан дун.
Амин
Рек1ел хивалалгин бат1арзул г1акълу.
Байбихьул лъаг1елалъул лъималазул халгьабун, Хивалал гьалдана дир гьабгощинаб г1умруялъ. Г1акълу кибе щварабдай дир т1анч1азул бугоян, Балъгоги хал гьабула хириял наслабазул.
Босун жодор кверазда кенч1еро ч1ач1-х1ут1 лъуни, Лъималаз г1едег1алилъ лъун борч1уна к1алдибе. Босун х1албихьиялъе х1енех1 ц1ел цебе лъуни, Лъугьуна к1алдибе гьеб буг1изе г1емер бокьун.
Босун чакрил цо къот1ел гьит1ичасда бихьани, йичула гьелъухъ эбел барахчи чучич1ого. Бокьула рет1а-къай тун толох1очго рук1ине,
Рокъоялдисан кьиндал рокьула къват1ир рорч1ин.
Росула цинги дица пикрабалъе балугъал, Бук1уна дир хал кквейи хасго таклиф лъуразда, Лъай-г1акълу гьединазул дица борца-къот1ула, Т1абиг1ат рук1а-рахъин хал гьабуна хассазул.
Харабазде г1унт1араб г1акълу бук1ин бич1ч1ана, Г1умруялде рахъигин хириял г1олилазул. Хириябгин учузаб, гьуинаб-кьог1аб азда, Кьергин мах1алдасан цин бер к1ут1анигин лъала.
Рат1лил качествабиги рет1ич1елъулги лъала, Лъик1ав махщелчиясе сих1ирго къимат кьола. Къват1ир х1укуматазул политика бицуна, Кинабниги арабгин аз бицуна бач1унеб.
Гьайбатал г1олилаллъун гьайбатаб рак1 к1ет1ола, Бот1роде х1алги биччан х1адур гьабула устав: Байбихьуда пикраби рак1алъ жендезарула, Жундулги жура-гъуран гъала-чалан гьабула. Бегьулеб бегьулареб бат1а гьелъ бахъуларо, Нахъе г1енеккич1ого ч1андаби т1ирит1ула.
Рак1алъ суртаби рахъун ясик1аби дандрала, Раг1адал киназулго цадахъ къват1ир риччала. Гьит1инаб лъимералъул лъаялда рак1 к1ет1ола, Лъаг1ич1еб г1умроялъул г1емер жо цебе лъола.
Г1адалал хивалазда хагазавула инсан, Ургьиб лъимадул филма даим х1алт1ун бук1уна. Бет1ерги цо-цо мехалъ мултфилмахъ халккун ч1ола, Хивалазул раг1дукь ч1ун макьида байбихьула.
Беречал г1олилаллъун г1акълу камилаб бет1ер, Т1асан гъоркье буссуна свакарал пикрабазде. Добаб нахъе тункула гьазул г1ундул кьурула, Рук1нилъ къазе гьарула къват1ул хивалал хехго.
Ханлъи г1акълуялъ гьабун къинарула пикраби, Къват1ир хивалалги гъун хехго къалбу къач1ала. Къадир разилъаразул рак1 хивалазулъ гуреб, Халикъ жанивго ц1унун ц1орол мат1улъун лълъуна.
Хут1елал хивалазул хач1а-к1ат1ан рак1алда, Бак1 г1акълуялъ гьабула Гьардарасе думалъго, Даимаб х1узуралда х1алт1изе т1амула рак1, Т1адег1анаб г1акълуялъ г1адлуяб г1адалнахалъ.
Рамазан моц1.
Дур г1ат1илъиялъулъ лъедолеб г1ужалъ, Дица ххвел гьабуна мун даимлъилин. Лъач1о ахир бук1ин хирияб моц1 дур, Вохун васандулев сардилъе ккана.
Саг1тал мил'ъардазул дур заман къун ун, Къват1ивго хут1ана кват1араб г1ужалъ. Т1ад буссинищха мун квер босун араб, Квеш ккараб куц дие дуца тун вати.
Пайда щиб бащдабцин г1умру дулъ т1амун, Нафсги куцач1ого кеп г1орц1ич1ого. Г1орц1зиг1ан кванарал гьал къояздаса, Вакъараб дур заман бук1араб лъик1аб.
Лъадада к1ал ч1вараб шавалалдисан, Дулъ къечей чанц1улго бук1ана багъил .
Басиялъул г1адал гьал къояздаса, Къоазарц1ул лъик1аб бук1ана дур г1уж.
Г1акдал г1адаб чехьгин хьвадиялдаса, Дур чанил тирилъи чанц1ул бергьунеб.
Бичасе къабулаб къокъаб дур лах1зат, Къоазар цогидал моц1аздаса лъик1. Бац1ц1ун г1умруялда дандияб х1ухьел, Дур цо к1ал ккун къоялъ къват1ибе ц1ач1ищ.
Къудратас реццарал хириял къояз, Къезарила г!асрал къо рик1к1ун щибаб.
Щогеги нижеде мун камун лъаг1ел, Ниг1мат т1ибит1араб бакъалда гъоркь гьаб.
Къварид бугеб куц рак1, рат1а босун мун, Бат1алъаралдаса Рамазан шагьру. Г1арзал, араб дуда, раг1илел кисса, Кодосан ана мун нижер ч1ух1игин.
Ккеч1о рак1алдаго рат1алъилин нилъ, Бит1ун кеп ц1улаго ц1орон хут1илин, Рохел баркулаго квер босун унеб, Киг1ан къокъаб нижехъ бараб гьоболлъи.
Баккулагойин бакъ бакъанилъараб, Къисмат гьединабищ бук1араб нижер. Рижарав, Хьихьулев рази гьавизе, Заман гьедиг1анго къокъаб рекъолищ?
Къудратав Бет1ергьан, гьеч1елъул пайда, Борч1аралъул бицун зигардиялъулъ, Дуй буго щукру-рецц щибаб рахъалъан, Хирияб замана нижехъ бит1арав.
Т1аг1ам босизег1ан хут1ич1ониги, Хираб г1уж бит1иялъ т1адеги рецц Дуй. Т1огьода найлъун цо рещт1изе щвана, Щун батаги гьоц1о ц1ц1унк1изениги.
Ниж хьуллъизе г1емер ниг1матал рит1ун, Бут1а гьабич1ого тун ратугеги. Рехун теч1ого ниж мах1румлъараллъун, Рах1мат бикьулелъур рачун ратаги.
Рамазан щвеялъул щукру-разилъи, Раззаакъ, г1ададисеб ккун батугеги. Бокьанани Дуе цох1о лах1заталъ, Х1ажатал т1уразе Дур х1алк1олелъул .
Гурх1улев Бет1ергьан бут1а щвараллъун, Ниж Дуца гьарун те бут1а щвараллъун. Кодоса кинабго Дудасалъидал, Доб мехалъ я гьанже нижеда гурх1а.
Ниж гьабизе кват1ун хут1арабгицин, Дуца гьабураблъун нижее хъванте. Хадуб рек1екълъараб борч1унккарабги, Кирилъун гьабун те Гьардарав Аллаагь.
Дур рамазаналъул ниг1матаздалъун, Дуца ресалдеги рахинарун те, Рамазан моц1алъул лайлатул къадрул, Къуват сабаб гьабун гьидаят гьаре.
Гьабе хасго гьуин рамазан нижей, Гьелъухъ рак1 бух1араб х1ал нахъе ц1уне. Хирияв Бет1ергьан Мун разилъизе, Рамазан сабаблъун гьабун те Дуца. Амин .
Хириял г1ужазухъ, Халикъ, Дуе рецц.
Ниж хира гьаризе Дуе бокьидал, Дуца хирал г1ужал нижей рит1ана. Хириял г1ужаца нижер ресукълъи, Расниги лъалалде хъамулеб буго.
Бут1рул Рамазан ун далараб г1ужалъ, Дуца г1ид бит1ана нижей сайгъатлъун. Сабур т1аг1аразе рек1елгъеялъе, Рамазаналъул г1ид г1унт1ана т1аде.
Т1адег1анав Аллагь араб моц1алъулъ, Мукъсанго хут1араб бит1е гьаб къоялъ. Бет1ербахъич1ого борч1араб гъалат1, Бач1араб г1идалъулъ къачан те нижер.
Ч1ах1иял гьунарал ругеб гьаб байрам, Рах1матлъун гьабунте гьардухъабазе. Гьелъулъ гьариялъе жаваб гьабулеб, Гьабе нижей лах1зат х1ажатаб кьейлъун.
Гьаризе лъач1ебги г1емерабщинаб, Г1идалъул баркаталъ кверзукье биччай. Кинабго Дуй г1оло гьабурабщинаб, Щуазарц1ул нухалъ борхизабун те.
Рохалил байрамалъ рак1ал хин гьаре, Хивалал рахич1еб рохел г1амм гьабе. Г1азизав Бет1ергьан ниж т1орит1илъун Т1аса Мун лъугьинги гьаб г1ужалъ гьабе.
Г1ид рукк1иналде ниж, рук1инч1еб х1алалъ, Х1ал хьараллъун гьаре гьарич1ебги кьун. Кьуна Дуца нижей, хириял г1ужал, Г1идалъулъ т1уран те т1олго анищал.
Щвелалде цойгиги хирияб заман, Хиралъи кьураллъун мух1кан гьарун те. Мунго разияллъун лъугьине гьарун, Лъугьинаре цинги цойги щваралъулъ.
Щибаб реццги Дуе, реццарал г1ужал, Нижер къоязулъе лъугьинаридал. Гьарараб т1убалел т1ок1абги кьолел, Гьоркьор г1ужал лъеялъ, г1емераб рецц Дуй.
Г1идалъул къоязухъ, Бара'аталъухъ, Бицун х1алк1олареб к1удияб рецц Дуй. Ражаб миг1ражалъухъ, Расул гьавураб, Гьеб сардихъги Дуе даимаб щукру.
Рамазан шагьрудал Лайлатул къадру, Къудраталъ гьабидал, Дуй буго санаъ. Нижеда лъалелги, лъаларел чанго, Лъик1ал г1ужазухъ Дуй г1орхъи тун щукру.
УСТАРАСДЕ РУГЬЕЛ .
Г1емер соналги ун саву речедал, Бичасе х1елизе х1алк1олаан дир. Дир хат1алъабазда т1аса лъугьаян, Т1ат1ала истигъфар бицине лъала.
Берзул нур свинег1ан г1умру батидал, Г1адамазда цебе борч1араб хат1а, Т1аса лъугьайилан лъана хъущт1изе, Т1ок1алъ гьабиларин т1аде босизе.
Расуласул варис устарасдехун, дир хат1а бац1еян мац1 кин х1алт1илеб? Т1аса лъугьайилан абизе нечон, Чанго лъаг1ел буго лъутарилаго.
Рач1унел унезда бахиллъаниги, Лъезе к1веч1о х1ет1е Т1агьал варисихъ. Рак1 киг1анго жаниб г1одананиги, Г1агарлъизе к1веч1о К1удиясдего.
К1иго сон сверана рукъ авалго цин Устарасул, берда, бихьизе щвеч1еб. Урхъун вугев куцха, дун ругьунлъараб, Гьесул минаялъухъ муридзабазухъ.
Муршид рек1елъ къадал, къулч1ун маг1угин, Г1алхул чанлъун вугин лъута-вахчарун. Талих1-давлаялде, дица къантараб, Рагьу К1удиясул, рагьулеб куц щиб?
Щвараб къоги х1ехьон х1ал бахчиялъги, Чара дир хвей гуреб хайир бахъич1о. Бокьараб бахъаян бит1ун рогьелалъ, Т1атизе гьабизин борч1араб хат1а.
Хидмат-х1ели гьабун х1акъ борхейилан, Бух1адго гьаризин гьевго ханасда. Хат1а инсанасул г1афву Бичасул, Г1айибги гьабуге рагьизин хат1а.
Расуласул варис санаг1ат хвеялъ, Вахизе ккана дур гьенив х1ажаталъ. Х1алт1ана гьенибги батараб парчи, Бук1ун батила гьеб дуца х1алт1улеб.
Х1ажат т1убан къват1ив вахъарасулъги, Хвей батана адаб дур азбаралда. Дица гьеб бахчила Бичасда лъала, Лъач1о какичури киб дулъ гьабулеб?
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев