Мавлая салли васаллим даиман абада г1ала х1абибика хайрильхалкъи куллигьими.
Х1аллица галаби росулеб лъимер,
Тохлъукьго агьлугин ват1алъун ккана. Барахчараз улбул щалин ц1ехани,
Мац1 х1алт1уларев вас ват1алъун вуго.
Лъалел гьеч1о улбул улка ракь росу,
Росула ас х1ат1ал т!адеги цере.
Т!амуларо цебе бач1унеб сордо,
Рохьобищ г1урухъищ рук1к1ине бугеб.
Рохьил жанаваралъ релъеда дай ав,
Ризаб рохьил хъархъалъ хъах1лъи дай бала.
Бицатаб ч1ах1илъдай борч1ила сордо,
Бакъвала къасда би к1к1арабаца ц1ц1ун.
Бабал каранде къан къокъизе ккараб,
Къасда сордо киндай кибдай рогьила?
Гьелъг!адин къасда ав веэдиладай,
Донгинив жундуца жалги къосарал.
Къаданиса босун васасе лъимквен,
Лъица къасда кьелеб къваридаб т1анч1ий.
Т1ун рак1 инч1онани ч1ах1ги г1елаан,
Г1анк1ица г!адинан г1урдасан квараб.
Г!адамаз кваналеб лъач1онаниги,
Ч1ах1ил мадар буго маг1ид чурараб.
Чехь сабаблъунни рух1 босилароан,
Сардил бог1олаби г1емерлъич1они.
Гьеб лъимер дун вуго я дир Бет!ергьан!
Ват1алъун ккун вуго агьлуялдисан.
Эмен вук1арав дир рак1алда вуго,
Дур х1абиб Мух1аммад(г1алайгьиссалаам) Г1абдуЛЛААГЬил вас.
Гьесухъе ворч1улеб ч1аголъиялда,
Дун гьеч1о Бет!ергьан гьабунте кумек. Кверг1унт1иго г1еч1о г1алхуда вуго,
Г1агар гьаве Х1абиб х1айранав диде.
Х1инкъиги ракъиги къо бихьи ц1ик1к1ун,
Ц1орон иналде рак1 Расул дандгьаве.
Гьесул сифатазул пикруги гьабун,
Бат1а хут1унлъидал т1ола гьаб маг1у.
Т!адег1анав Рах1ман гьаб халкъалъ дунг1ан,
Дур гурх1ел х1ажатав ватиларо чи.
Чара дирг1ан хварав ракьалда инсан,
Аллаагь дандч1валаро Дуда гьаб г1ужалъ.
Дие кумек гьабе, квер г1унт1изабе,
Ват1алъараб лъимер данделъизабе.
Довгин гъовг!адинан дандч1вач1ониги,
Досухъ г1ащикъазул къадар дийги хъвай.
Дуеги хирияв мухтар Мух1аммад(с.г1.в),
Х1асратго рехсонин хат1алъун тоге.
Хут1ун гьеч1о г1орхъи Халикъ гьаб рокьуй, Вокьун вуго Х1абиб х1алае Мун ч1ун.
Мун т1атизавурав Т!агьаде щвараб,
Щибниги жо гьеч1о гьаб махлукъалъулъ. Балъгояв Мун дие рагьарав Ах1мад,
Ургьиб рак1ги ккола эменлъун вуго.
Гьесул х1ажаталъе рух1 маян кьезе,
Х1адуравго вуго Дур ц1ар малъидал.
Данде бер арабго эв т!аде ц1ала,
Т!адег1анав Салам, дарс Дур эс кьедал.
Инсанал гурх1улев Х1аким Мунлъидал, Лъимералъул бицен борца-къот1ун те.
Т1алаб г1оларезе Кумек Гьабулес,
Квешаб х1ал щварасе гурх1ел гьабун те.
Таманал дирг!адаб г1узрудалъ ккарал,
Эздаги гурх1ун те Х1алим Мунлъидал.
Мухтар рехсолаго рак1ал х1алхьолел,
Х1абибгин данделъун рохизе гьаре.
Расуласул агьлу хириялщинал,
Щвезаре хьулазде дунги гъорлъ вачун.
Гъаримал ниж Дуца доб хассаб къоялъ, Данделъизе гьаре асх1абзабигин.
Аллаагь Х1абибасул квер босизе щвей,
Кин къисматлъаниги къисмат гьабун те.
Талих1 Мун вихьараб, Маг1буд ах1ула,
Ахират рукъалда рак1ал г1орц1араб,
Къудратав Бет!ергьан, Т!агьа Мунилан,
Т1алаб гьабулезе гьабун те жаваб.
Мавлая салли васаллим даиман абада г1ала х1абибика хайрильхалкъи куллигьими.
Горбачевасде. (Рищиязда бугеб х1ал баянлъиялъе хъвараб ):
Ургъич1ого вагъарав вагъилалде холилан,
Хирияв Горбач бицен бук1ана нижер гьаниб.
Эркенлъи зулмуг!адин г!адамаз х1ехьолареб, Х1албихьзе ургъич1о мун эркенлъи рагьилалде.
Дурги кодосан ана нижер кодобги щвеч1о, Квешаб къавм гьоркьобги ккун нилъее бут1а щвеч1о. Щиб пайда доб заманалъ Зулькъарнайни къиралас, Къарал яъжужал г!адин дуца ал данде къач1о.
Ч1ег1ербоц1ц1и магъилъе борч1изе щваралдаса, Дуца абухъ дагьаб кун дуе ал т!ад руссунищ? Раг1ал сверун к1ал ц1еч1о к1анц1ана хурул бакьулъ, Хвезабуна т1олабго т!ад рилъич1еб бак1 теч1о.
Т1епич1еб сумго теч1о, ч1агояб т1ор хут1ич1о. Хирияв Горбач мунги ниж гьеч1ого хут1ана. Хадур ккарал нижейги боржун ч1ч1арав дуеги, Дандгьабеги Аллаагьас хьул гьеч1елъуса ризкъи.
Жакъа пенсий пособий Бичас нилъей ц1унараб, Бет!ербахъи гьеб буго бац1аца к1ал ч1вач1еб бак1. Ч1аго ругог1ан къояз къуразул гьаб ризкъул квар, Кодосан борч1угеги ч1ег1ер ракъи нахъ ч1ваги.
Гьеч1о, ана Горбачев бук1арабгин хьуллъураб. Лъай г1еч1о дол къояз дур къанун нахъе т1урк1изе. К1алц1и бараб бартица тур-турараб ч1олохъжо, Жолъун рик1к1унеб гьеч1о гьеч1ебго х1исаб буго.
Х1инкъарал мискиназе закон бук1ахъе буго, Боц1ц1и рищват бугезул поезд муг1рузде щвана. Рищиял рищватаца рек1ун къот1улел руго, Росдал лъималаз х1орихъ батараб х1амаг!адин.
Х1елх1елчаг1и х1инкъулел гьанже т1атунги руго, Х1алихьатал ратула рищиязул къояца. Рищваталъул ихтияр рехула цо тамоналъ, Лъар чогърол бегьарасе буллетен рехун уна.
Бер бакъарал хъарц1иназ боц1ц1ухъ чилъи бичула. Бет!ерлъун ккезавула заралияв хъамалчи. Чилъи гъурщазухъ бичун чед босула ях1 гьеч1ез, Х1иллаяв хиянатчи чорокаца ворхула.
Хун буго кинабго рахъ, хут1ун гьеч1о сахабжо. Жубан буго гьоц1о-ц1ан ц1ар гуреб хут1ун гьеч1о. Х1алт1и бокьулел дагьлъун дарамчаг1и г1емерлъун, Чадил къимат къо рик1к1ун нак1к1азде унеб буго.
Заводал-фабриказул кавабиго ун руго, Ателазул гордазда дуда ц1ер бихьиларо. Бат1иял улкабазда эркенлъи х1алт1улеб куц, Х1инкъулеб куцалъ буго берккейи бук1иналда.
Бичула Гьединаца босула Россиялъго, Мискинал нилъер гъурщал щибаб улкаялъ уна. Аслуго дур къасдазул къват1ибе аз баккич1о, Ч1ах1-хер кваналел къоял къаданир г1унт1ун руго.
Г1умруялде рахъине ихтиярал риччач1о, Чадихъ кьезесел кепкал камун хут1угегиха. Хералгин рокъор лъимал хьихьулаан г1олилаз, Г1олилазе ризкъилъун лъимал херал хут1аги.
Хадуб гъезе зах1матаб талих1гин гьаб эркенлъи, Камиллъаги ц1убайги ц1ияб г!адлуги баккун. Г1емер х1алкъан батила гьаб халкъалда балан дур, Дурги раг1и билъаги лъик1ал къасдал рорч1аги.
Ч1ун хут1арал хивалаз хайиралги гьареги, Халкъалда т!ад кьураб к1вар кьуч1дасанго борхаги. Хияналъи бекьулел кьан бан рек1ине щвайги, Кьураб ихтияр к1к!унел к1к1вийлъун нак1к1ахъе аги.
Нижейги эркенлъуда квербазе къисматлъаги, Къоялдасан къоялде дагьлъаги лъик!лъи к1к!унел. Добмехаца рик1к1араб ризкъилъаги эркенлъи. Капиталал х1асудал х1асратал къоял щвайги.
Къвариг1ел гьеч1елщинал щвараб ихалъ росаги, Хасел щун бихьич1ого борч1аги чанго г1асру. Г1урусаб миллаталъул ният бит1арав инсан, Сонал рахъанаг1ан дур машгьурлъаги кибго ц1ар.
Кванч1ликьго тананиги таманаб талих1яли, Тамашаго дур къояз къанунаца рагьана. Нижер бусурбабазде боголлъараб г1ужалда, Г1ун ворч1арабго буго баккараб роолил бакъ.
Къибла к1очонеб г1ужалъ къойил как ах1иялде, Бах1арчи дуца гурищ бачараб т1олго улка. Аллаагьасул х1икматалъ х1алае мунги гьавун, Гьайбатлъун ана Ислам ун борч1араб кодосан.
Коммунистияб борхьил к1алдиб къверкълъун рук1арал, Рак1алда гьеч1еб г1ужалъ рорч1ун саламалъана. Ислам ч1аго гьабизе Халикъасе бокьидал, Сабаблъун мун гьавуна сардилъ гвангъун бакъ щвана.
Бусурбабазе лъик1ал рак1алда ругел къасдал, Къуват кьеги Халикъас хут1аралги т1уразе. Бет!ергьан кумеклъаги т1олабго г1умруялъ дуй, Г1алам эркен гьабизе квер бакъаги даималъ.
Дуде раг1ад рехулеб халкъалъул кьалбалъ гъая, Гъорлъанго багъараги регьел гьава дагьлъаги. Диналъе квер бакъулел къасдалги дур ц1ик1к1аги, Ц1иц1ияб давлаялда дунял ах1изе к1ваги.
Х1арамлъи гьуинлъарал х1ат1икье къазе щваги, Къуватлъаги дур къанун фикъгьиялда рекъолеб. Къанунал рачунелъув гъорлъ мун гьеч1онаниги, Гьабураб дур паланалъ билъаги г1алам цебе.
Бук1араб дур къасд ц1унун къокъаги г1алам цебе, Бат1иязги бачаги дур чагъанадул макъам.
Хиянатаб т1алъел т!ад лъезе къасдаб.
Г!адамазул бугеб сих1ру бихьидал,
Свине байбихьула диргони г1акълу.
Г!адамалгойищ ал щайт1аби циндай,
Щаклъула дунгони динияздацин.
Аз ц1ала шахматал шашка доминал,
Досий квине кьола кавуда ругел.
Рагьизе жидей нух хадур бергьине,
Бер къанщун рехула нух рагьиялъе.
Хасго евреязул мутаг1илзабаз,
Г1емер макънал ругеб накъира хъвала.
Хъат ч1вала лъияли сундуйяли аз,
Ахирги бигьаго бич1ч1и зах1матаб.
Х1адурлъулел руго гъазаваталде,
Гъури базабулеб муршидзабазда.
Диналъе г1олоян чвархъелел руго,
Росун ишаналъе муршидзабигин.
Лозунгал иг1ламал аз къеда ч1вала, Исламияб улка аниб рагьилин.
Россиялда Ват1ан суризабизе,
Сих1раби ургъула унти гъорлъ бугел.
Бокьун буго азий Россиялъ тейгин, Бассаризабизе кьалул кор аниб.
Квер рек1ин къот1игин т!аг1ат чаг1азда,
Т!ад малла бачине вагьабиязул.
Бочка загьруялъул гьац1ица к1алкъан, Къват1ибе биччала парадукция.
Берцин жал рихьизе бицун диналъул,
Лъалел руго нухал халкъ цоцалъ балел.
Бокьун буго азий Россиялъ тейгин,
Валасть вагьабияб гьаниб рагьизе.
Гьидаят чаг1азде т!аде гъегъги бан,
Т!адагь дин гьабизе бан бач1ого как.
Квер кьолеб Россия рик1к1адги гьабун, Бакъизе гьабизе мукъсанаб Ват1ан.
Т!аде жоялъеги чачаналъе ран,
Чияр лагъзаллъун нилъ лъугьинаризе.
Ургъич1ого борч1араб Расул борца къот1уге:
Дуниял т1ун аниги т1атизего гьеч1илан, Гьедун жаниб квегъараб бук1уна рек1ел бух1и. Х1ал халкъалда лъазег1ан лъугьинин къанакьеян, Къан ч1езе гьабурабги бук1уна рек1ел г1ищкъу.
Ункъоялда анц1абго нат1алъул гъварилъуда, Ракьулъ бахчараб г1ищкъу чамасулги т1атуна. Нафсалдасанги балъго лъазе гьелда теч1ого, Таманазул берараб бахчараб рокьи къват1иб.
Т1атараб г1акъилазда г1арзго бахъич1еб г1ищкъу, Г1ащикъас къулч1анаг1ан къват1иб загьирлъун араб. Ракьул гъатазда г1одоб муг1рул каранлъ ккараб лъим, Кидал къадги т1ун ракьгин кьвагьун къват1иб к1анц1ула.
Ц1аялги беролаго багъаризе ракь гьабун, Бак1-бак1азда вулканал нартил газал берола. Бичасул Расул мунги сих1ирго дун ч1анаг1ан, Г!адамазе рагьана расги лъалалде нафсалъ.
Нусабго пардаву ц1ан ц1унулелъ каранлъ жанив, Калам хат1алъун батун толаро вахчаралъув. Харбил мажлисалдацин цо-цо дур х1акъалъ борч1и, Бат1иязулъ хат1алъи т1асан лъугьа гьарула.
Гьеч1езулъги агьлулъун Ах1мад мун рехсонилан, Хат1алъараздасан дун дуца рик1к1уге воре. Рехсей гьабизе г1еч1еб г1орхъода бахъич1елъуб, Борч1араб салаталъул бадибч1вайи гьабуге.
Бичасул Расул дуца дие ижаза гьабе, Гьуинлъараб дур бицин бокьухъ гьарза гьабизе. Назмаби щиг1рабазул агьлулъун гьеч1ониги, Ч1арг1ин чучи гьабиялъ гьелдасан т1асан лъугьа.
Гьаракь макъам камилав лагълъун ватич1ониги, Назмаби мавлидазда замана борч1ине те. Бичасда хурхун хъвараб хиралъидал дурго ц1ар, Роц1ц1арав гьеч1ониги нахъе ч1ваге я Расул.
Рах1манасул бач1араб амру т1убазабулев,
Т!аддагьав вугин абун бегьиларо г1ад гьаве. Г1ищкъу дир щвалде щвезе дуцаги квер бакъун те, Квер ккунилан беццасул бук1инаро дуй ками.
Накаби квач1ид унев ворхизавун вачани, Бичасул бадибч1вайи бук1ине батиларо. Башир дол г1арабиял духъ г1ищкъу бергьаразул, Зоналде щвезе гьаве зодикьго хут1аниги.
Хиралъараз мунилан гъорлъе виччач1ониги, Ч1ах1-хералъув вук1ина гьел ругеб авалалда. Дирго гьалмагъзабиги руго нижехъ ц1акъ г1емер, Г1одун мун т1алаб гьавун гьардолел Аллаагьасда.
Гьадинал г1емеразул г!аздада лъалк1да хадуб, Дур рахъалде диеги сафаралъе квер бакъе. Каранзукь мун къаравго квар ккун маг1у чвахулел, Маг1арулал цадахъго дуца къабул гьарун те.
Гьаракь маг1иде буссун сас мавлидалъул ссунел, Нижерал къабул гьаре гьоркьове дунги виччай. Дур бицен раг1арабго г1унун мег1ер чвахулел, Хирияв нижер Т!агьа т!аде къабул гьарун те.
Къол вирдлъун далаилул хайратал х1алт1улезул, Х1ажаталги т1уранте т!адч1ун гьардеч1ониги. Сундалъун байбихьунги бицен дур гьуинлъиялъ, Гьабулеб калам Х1абиб квешбихьуге гьарула.
Гьинал рак1 х1алхьоларел Х1абиб мун рехсеч1ого, Ч1умазул агьлу дуца дунгин къабул гьарун те. Гьаниб рехсеч1ониги Мухтар дуда банщинаб, Дуе балъгояб гьеч1о гьелъулгиха аманат.
Аллаагьас нижей г1оло вижунлъидал мун вугев, Мун цеве гьеч1еб анищ щибго нижехъги гьеч1о. Нижехъе Бет!ергьанас вит1арав илчилъидал, Дуда бараблъун буго дунял нижер Ахират.
Аллаагьасул мун чапар умматалъул к1удияв, Аманат аваразул умматалда барахче.
Мавлая салли васаллим даиман абада г1ала х1абибика хайрильхалкъи куллигьими.
Г!адаталъухъин къуват къовухъего шариг1ат (росдал дибирас хъвараб):
Г!адатазул г1онсоца росу цадахъ босун ун, Рес къот1арав цо дибир росу ц1унун хут1ана. Хваниги гъоркь теларин росдаца ккураб г!адат, Г!азаблъун цебе ч1ана нижер дибирасдаги.
Бец1ал г!адатаздалъун г1еласул хвел т1обит1и, Бихьич1есда щиб лъалеб бук1ана зах1малъилъун. К1икъого къо хун т1убай хабалалъ т1обит1изе, Т1олалго бихьин-ц1уял ц1арухъего рахъана.
Херал г1онсоде къулун г1исинал кодор раччун, Кинавго чи хабалалъ хехлъиялда къокъана. Къач1а-к1ат1ан руччаби берцин мах1алгин ясал, Берца росулеб х1алалъ росуги тун рахъана.
Сардалги аз рузманал рази гьарич1ел теч1о, Бач1анщинаб рузманалъ залимаб кви хъвехъана. Рахъ-рахъалъан баркала г!адатчаг1аз цоцазе, Г!адат щвалде щваралъухъ хидматияб бач1ана.
Хварасе хайир щолеб щибаб рахъ нахъе тункун, Кисаяли бач1араб ч1аго гьабуна г!адат. Гьеч1есе квер бакъич1о, вакъарав нахъе цуна, Рицатал чахьал ругел хьихьана г!адатчаг1и.
Киг1ан г1емерал г1иял г!адатаца ч1ваниги, Г1ей гьабун гьал кант1ич1о ч1аго гьабуна рияъ. Рихьаниги хун арал харжал г1адада анин, Хадусезулги хайрат г!адат ц1унун гьабуна.
Г1умруялда цинц1улги мадрасазда бихьич1о, Ч1орогал мутаг1илал г!ад-хоч1ойцин гьаруна. Рач1арал ятимазде хъач1го цини к1алъана, К1вараб гурх1ел гьабуна бадибе рецц бугезе.
Гьелда хадуб цойгиги байрамаб къо бач1ина, Вукъарасул сон т1убай т1обит1ила г1ид къолъун. Г!адатги нижер гьале нижги пуланал руго, Лъилго насих1ат нижехъ босулареб жо буго.
Батараб г!адаталда хъвазег1ан чанц1ул цеве, хъвехъун лъола муъминчи чилъи бихьизабизе. Бихьиназ мегеж тола жаялда х1ал гьабила, Балай камун ч1ч1еларо ч1ег1ербарал руччаби.
Росдал дибирги нижей жолъунго г1оларев чи, Г!адаталда дандккуни шариг1атги жо гуро. Нижер цояв ч1ахъаги ч1аго г!адат гьабулев, Ч1амуч1аб шариг1атги бич1ан бук1аян абе.
Анлъабилеб куплет г1ат1ид гьабун баян:
Чаналиго соналъ цеве хварав гьебго рукъалъул к1удиявлъун вук1арасда хадуб гьабун бук1араб хайраталда т1асан гьабураб. Гьев чаналиго чиясда макьилъ вихьун вук1ун вуго жинда хадуб хъвехъараб 17кви ва гь.ц.жинде мах1ниги щвеч1ого ч1андай анилан ц1аруе бихьизе росдал баркалаялъухъ гьабураблъун бук1ун.
Дуца кьурабгуреб кьоч1ой бегьич1о:
Аварагзабазул къиссабалъ гьеч1ел, Историялдаго рорхич1ел жеги,
Гьужумал ругелха тахшагьаралда,
Биххула борхула хирияб шагьар.
Гьаз кверде босула асир гьавула,
Эркен хех гьабула щибаб нухалда.
Щиб сабаб батун дун саламалъила,
Свина кьалул гъугъай борхун ина к1к1вий.
Хивалазул гьужум жанисан къот1ун, Къудратав Дуца дун паракъат гьаве. Къват1ул пикрабазул каву къанте дир,
Тоге т1езе х1узур х1ал бач1арав дир.
Х1алк1олев Мун вуго вак1аре данде,
Дозул гъозул ургъел гьабизе тоге.
Бусада ххенолел хварал пикраби,
Хайир гьеч1ел руго ч1аго гьабе рак1.
Гьоц1иб лал мерхьунеб лолен г!адинан,
Дун цого бак1 мерхьун Малик тогеха.
Мун ватизе хьулаз бухьараб сафар,
Бит1изабе Аллаагь гьидаят гьаве.
Гьабич!они кумек квер ккун ц1ач1они,
Ч1ег1ер х1ор къот1улеб къуват дихъ гьеч1о. Дурго хассаб кумек хадуб гъелилан,
Хинал пикрабазулъ лъедолев вуго.
Дир фиг1лу Дур къадар къвариг1ун буго,
Бат1а дун кканани кколаро дир жо.
Дуца лъимерлъулъго кьуразе г!адаб,
Кьунте Аллаагь х1узур х1ажалъарав дий.
Х1алк1олъи Дур гуреб гьеч1елъул лъилго,
Гьаве Аллаагь ч1аго ч1унтун гъафлатгин. Толеб гьабулеб дир гьаб х1узур хисун, Хиралъи кьуразул кьун те т1абг1 г1амал.
Т1ет1еч1еб х1узуралъ х1ал хьезе гьабе, Х1алае мун ватун тирхизабе рак1.
Хирав Х1абибасул баркат щафаг1ат,
Щвезабе квербакъи къабулазул дуй.
Къуват ч1умазулаб Къуръан кибг!аги,
Квербакъилъун гьабе гьара-ах1ула.
Сайидмух1аммадх1ажи Абубакаровасде:
Хварасе рецц гьаби беццич1ониги, Буц1ц1ич1о дирни рак1 дур бицич1ого. Гьеч1еб рецц гьабиго гьеб дир ищ гуро, Щибунго рек1елъан мун вахъунаро.
Ва амма дида мун хвезег1ан лъач1о, Халкъияв муфтилъун лъан гурев вук1ин. Лъай щвана дий г1ураб г!азизав гьудул,
Дур зигар борхулеб халкъ бихьунлъидал.
Бокьидал Бичасе мун к1одо гьави, Бак1аризабуна махлукъат духъе. Къудратасул сирру рак1азулъ т1уна, Т1олазулго рак1ал г!ажиз гьаруна.
Нилъер улкадулал элни дагьал чи,
Дур зигар борхич1еб хут1анищ улка?
Кавказ бахъун къват1ир ругелго щвана, Россиялъул бут1руз борхана зигар.
Бич1ч1ана халкъазул халатаб зигар,
Хаслъи дур гьеч1они бук1унареблъи. Халикъасул гьудул гьеч1ев ани мун,
Гьаз казиятазда балароан анкь.
Бич1ч1ана кинабго щвалде щун роц1ц1ун, Муршидзабаз къоял рорч1унлъидал дулъ. Дуе Бичас бараб баркула бут1а,
Т1алаб гьабич!ого тоге дора.
Дурго улкаялъул квешлъи ц1ик1к1арал, Рак1аре ниж данде доб рукъалдаги.
Дур къоял лъуг1изе сабаблъун ккарал, Лъалев Бихьулес гьел басра гьарила.
Гьедиг1ан нижер рак1 г1одизабурал,
Г1одор Халикъас гьел теларел кинго. Кинниги ниж рази руго г1агарав,
Г!азизасул сабаб сурарал гуро.
Восун ананиги т1улил вац нахъе,
Т1атине теларо щвараб зах1малъи.
Щибаб рукъ къай рик1к1ун рещт1араб г1ажал, Аллаагь разилъеян х1ебт1изе буго.
Х1алк1ун духъ зиярат камун ч1еларо, Кавказго г1одарав камилав инсан. Г1емеразул г!адин дурги къадру-сси,
Къоял индал лъарал рехун тоге ниж.
Нижгин вук1ина мун к1иябго рокъов,
Къуват кьеги дуе дандрачине ниж.
Дин сабаблъун дурго босун араб рух1, Асх1абзабазулгин бащад гьабеги.
Бадру Ух1удалъул щугьадаазда,
Аллаагьас ващад мун гьавун ватаги.
Вацги къадар щварав дудаго цадахъ,
Дур къадру-ссиялде Къудратас ц1айги.
Къадар нужецагин борхарав шофер, Баркаталъ росаги нуж к1иясулго.
Аллаагьас ц1ик1к1ине гьабеги сабур,
Хасго нуж к1иясул херлъарав инсуд.
Берцинаб сабургин свин гьеч1еб ях1гин, Наслу-агьлуялъе лъик!лъаги дунял.
Ножор ирс босарал жеги лебалал,
Рижаги наслуда васал чангоял.
Танкихъ ч1умал хисе хирияв гьудул,
Хайирал хадургъун гъенезе руго.
Рак1алда кьабулеб кьвагьун гурони,
Макьо дий щоларо щибунго сардилъ.
Сурун бихьарабги къват1иб рагьула, Къабулалде гордо къири бокьула. Къасда-къад дун ургъулеб жо,
Дирго гьудуласул гьодораб чанта.
Гьудуласул чвантихъ чарагьеч1еб жо, Чемодан г1анасеб тункил гъутухъ ц1а. Гъосие гьелдасан рекъон рук1инч1ищ,
К1иго къокъал ч1умал ч1вархъан кьабизе.
Бокьаралъур цадахъ росизе т1ут1ал,
Т1асан рищуларел рек1ел т!аг1елал.
Т!аг1унарел гъоркьан гъурщал унарел, Килщада ругьунал ратуларел кин?
Каву икъвалалъул къирулел к1улал,
К1ут1ун росани щиб к1ващул ч1ах1ги тун. Токалъ ххенолелг1ан хехго алт1афал, Т1ерк1езе гьарулел гьудул ч1умал ккве.
Гьебго токалъ г!адин лугби х1алт1улеб,
Т!аг1ел чвантиниб ккве г1акълу батани. Г1едераб токалъул генераторлъун,
Терезе биччай рак1 Бечед цо Мунан.
Цо-цоккун лугбада цо гьаве Аллаагь,
Устарас куцала кодор ккве ч1умал.
Кисиниб бук1араб тункил гъутухъги,
Рехе устарасул туалеталъуб.
Туризе дур гьуърул гьарулеб тущман,
Туризе биччан те туалеталъуб.
Таманаб дир гъурщал ч1урх1араб ч1анда, Ч1аго мун ватани те абуралъуб.
Аллаагьасдасан мун рик1к1ад гьавулеб, Биччан те лъедезе доб хъубаб гвендилъ. Дуниял Ахират хвезабулеб ч1ах1,
Ч1умазе бак1ги кьун бачахъе абухъ.
Балканалъул мах1ил х1ад гьеч1еб чорок, Чванта бихьулелъуб биччаге т1ок1алъ... Босила дургин квер керен ццун дица, Килщида ран ч1умал рихьараб къоялъ.
Къалевха каранде кинни эбелалъ,
Устарасул мурид мун лъугьун хадув.
Лъик!лъила гьоркьоблъи нилъ к1иясулго, К1алдисан мах1 хведал рехсараб ч1ах1ил.
Хехгого ах1ила х1алкъаялъуве,
Х1абибгин цадахъал хатмабазулъе.
Хириял рузманаз данде вуссина, Салаватазде мун муридзабаца.
Мурадал т1урала т!адег1анлъила,
Т!агьалгин лъай-хъвай ккун лъаларев лъвина.
Мавлая салли васаллим даиман абада г1ала х1абибика хайрильхалкъи куллигьими.
Я хирияв Х1абиб халкъалъул Сайид,
Дир х1алуциналъул х1исаб гьабун те. Х1айранлъараб г1ужалъ угьараб х1ухьел, Х1абиб г1унт1уларищ равза рукъалда.
Рак1алда мун къайгин къулун бет!ергин, Т1олеб дир маг1ица мун кант1уларищ? Каранде мун къайгин мугъ азде рехун, Рец1ц1улел беразул биценго щвеч1ищ?
Г1еч1о берзуй канлъи мун лъаралдасан, Духъ пикру гьалдеялъ гьавуна заг1иф. Гьуъруца босулеб бак1лъула гьава,
Гьанивго хут1идал духъе щвеч1ого.
Шенелел дир берал ракъвазе гьеч1о, Равзаялдаги щун къеч буссич1ого.
Къаданив щвеч1ого ч1арбилъ мун лъураб, Макъам рак1 къваридаб къот1изе гьеч1о.
Гьеч1о буц1ц1ин роц1ц1и гьаб дир х1алалъе, Х1абиб мун вукъараб ракь бихьич1ого. Равзаялда убач гьабич!ебг1аналъ,
Гьалделеб ч1еларо гьинал рак1, Расул.
Ризкъилъун батани бихьи Мадина, Вихьиладай т1ок1алъ агьлуялда дун. Равзаялда къо лъик1 гьабун т!адвуссин, Гьебги къот1уларо г1акълуялъ кинго.
Г1ащикъ дун ватани духъ г1ищкъу бугев, Босизе ккеларищ рух1 духъе щовулъ. Равзаялда цебе х1ат1аца черх кквей,
Кинго бук1инилан рак1 рекъоларо.
Рух1го щай нахъе дий дуда дандч1вавулъ, Ч1ч1ва т1ураб кинниги т1ун инч1ого рух1.
Т!ад вуссун щайзе дун Дагъистаналъе,
Дуде мугъги рехун рик1к1аде вач1ун.
Расул мун вуго дир рух1алъул бут1а, Ват1алъиларо дун дудасан кинго.
Дуцайин малъарав вижарав дида,
Жангин рух1 дуй буго дир берзул канлъи.
Бет!ергьанас т1олго лугбазулъго дир, Рекъезе гьавурав рух1 вуго дий мун.
Дуе рекъонщинаб къадруги ссиги,
Расул дуе буго Бичасе г1оло.
Г1ищкъу г1орхъи гьеч1еб бан буго дуда,
Бет!ергьан нижеда Дуца малъидал.
Дун бакъукь г!азулъун дуе виина,
Аллаагь т1атиялъе лъвиндал мун сабаб.
Дуца нижергоги гьабулеб т1алаб, Т1атаралдаса мун нижер рух1лъана.
Рукъ агьлу жалго тун нижехъ угьдиги, Далиллъана нижей жанлъун мун кквезе.
Жакъад квер рек1унеб жо салат салам,
Свин гьеч1еб бит1ула я Т!агьа дуде.
Т1ок1аб бажарулеб жо гьеч1олъидал,
Дуде рак1 х1айранаб бит1ила салат.
Тураниги керен кисан жакъад мун,
Нижгин данделъиги доб ч1арг1ин чучи. Дунялалъул чанго улкаги къот1ун,
Ургъел дургин бикьи Кьурас босила.
Мавлая салли васаллим даиман абада г1ала Х1абибика хайрильхалкъи куллигьими.
Аминтаза.
Бичасул ц1араздалъун дица байбихь гьабула, Гьевго Аллаагьасдалъун Ах1мад рехсолев вуго. Расуласде гьабураб гьаб Аминтаза китаб, Каранде Х1абибги къан макъам биччан ц1ализин.
Мухтарихъ г1ащикълъарал г1емеразго г!адинан, Г1ищкъу мах1аббаталда х1уруфал дандруссина. Х1айранлъарас къирарал къалмил х1ущазде вуссун, Х1исаб гъваридаб гьабун бух1араб маг1у т1ела.
Бичасе рецц гьабигин гьудуласухъ г1ащикълъун, Г1емераб маг1у т1езин г!адамал гьеч1елъув ч1ун. Гьинал рак1алъул бух1и бикьизин г1ащикъасде, Г1арабияб ракьалъул рек1ел бух1и цоясде.
Дандияв дуца нижей жан бежараб ирс тана, Г1асраби хисанаг1ан халкъазулъ мун машгьураб. Г1ищкъу бергьаралщинал рещт1уна дур ахазукь, Рокьуй х1ажатабщинаб хъирщула хъваралдасан.
Дур раг1аби маг1набаз г1ищкъу нижер рагьула, Расулас жаваб кьолеб кьуч1абщинаб дур буго. Данделъун рач1а гьудул Расуласда ах1изе, Раг1аби дурго рук1а к1ал нижеца рагьила.
Гьаракь борхи нижер иш жаниб х1асрат дудасан, Х1абибасухъе щолел щиг1раби рит1ун ине. Рак1алъул гьудул г1ащикъ бащад гьабе дур г1ищкъу, Къан квер ккун нижги раче Расуласухъ унелъул.
Абеха Х1абибасда абги дур умматилан, Азулги квер босеян калам гьабе къокъабго. Г1ищкъу дуца бикьун кье рокьи г!ахьал гьабун те, Хьулбухъ нижги рехъерхъе Расуласде унаго.
Равх1ани Х1абибасул данделъараб г1ужалда, Дур щиг1ру ах1улелги ах1е гьеб мажлисалде. Рес г1уни нилъер сарин раг1алде бахъиналде, Данде гьаре Х1абибгин х1айранал маг1арулал.
Маг1у г1ищкъу жубарал г!ажизазул гьаб накъит, Къаданиб г1унт1изабе Т!агьа т1упараб ракьул. Т!агьаясул равх1ани х1асуллъизе берзукьго, Сабаблъун гьаб ц1алулеб гьабунте аминтаза.
Аллаагь Дуде аманат ах1и мадад хьул лъейи, Ах1мадгин данделъизе Дуца икъвалги кьунте. Дуца рижарал лагъзал рух1г1ан хирияв Расул, Рак1 чучун данделъараб давлаги къисмат гьабе.
Къиямат ч1езег1анги ч1арг1ухъего теч1ого, Ч1вазаре равх1аниял нижер цоцада данде. Данделъун ах1улезул аминтазаги Дуца, Досухъеги щвезабе бергьун камилги гьабе.
Бераз халлъич1ониги хириявги т!аде щун, Т1ок1 гьабе нижер мажлис Мун разилъи гъорлъ бугеб. Бет!ергьан гьев Ах1мадил агьлу асх1абазулгин, Нижер рух1анияби х1алхьезаре данделъун.
Дунялалдаго нижер лъай-хъвайи г1ат1ид гьабе, Лъугьинаре цо инсул цадахъ гьарураллъунги. Гьари нижер ишлъидал гьелъий жаваб дурлъидал, Дуда бараб роц1ц1ун те рорхун кверал рук1адго.
Рак1 бух1ун гьарулел ниж мах1рум тоге Бет!ергьан, Т1ок1лъи гьесийгин нижей Рижарав ризкъилъун кье. Рак1 бух1ун бит1улеб гьаб мавлаясалли салат, Сайгъат-саламлъун гьабе Сайидгин агьлуялъе.
Угьдулаго ах1улеб х1айранаб аминтаза, Х1алк1олес камил гьабе Х1абиб вохизе гьаве. Х1арф рик1к1ун аза-азар ажру-кири г1езабе, Ах1мадгин агьлуялъе лъик1аб сайгъатлъун гьабе.
Бат1а-бат1а т!аг1амал т!аде кьералги гьарун, Гьаниб ц1аларабщинаб щвезабе рехсаразе. Хасго гьаб Аминтаза Аллаагь Дуца нижее, Дунял-Ахираталъул хазинадул к1ул гьабе.
Гьаб хъварав г1ащикъгоги г1ищкъуялъ ц1аларалги, Рац1ад гьаре Бет!ергьан т1олго зунубаздасан. Данделъи гьабуразул гьелъий квербакъаразул, Рукъалъул х1ажалъаби лъуг1изарун те Аллаагь.
Авараг к1одо гьавун гьабурабгин ц1алараб, Гьаб мажлисалъулго цин цадахъ къабул гьабун те.
Хиянатлъи буго хурхулеб рач1лъун. (вагьабият).
Гьал ахирал соназ Россияго цин,
Цолъана Исламгин агьлу-суннатгин.
Г1урусав квег1абаб г1абид кваранаб, Кверлъун цадахъ рекъон руго х1алт1улел.
Т1олго улкаялда кирго рижана,
Мажгитал мадрасал диниял централ.
Цадахъ рекъон руго рузманахъ руго, Маъзунасул какил кибго сас буго.
Сонцин алхъич1ого улкаби къот1ун,
Къасд ккарал х1ежалде уна руссуна. Исламалъул ах1и модалда буго,
Муридазул зикру т1ибит1ун буго.
Бук1инч1еб ч1агого ракьалда Алжан, Улкаялда кибго т1ибит1ун буго.
Т1огьолаб их буго ахазукь руго,
Алжанул х1анч1азул макъназулъ руго.
Рекъон бахъанилан рохилалдего,
Гурищ лазатбахъи батараб рач1лъун.
Раг1ула щалали рагъуй ургъулел,
Улкаялъе лазат теларин лъварал.
Руго цо къокъаби къеркьей х1ажатал, Къуръаналдасаян къосен бачунел.
Иблис разилъеян гъаза ургъулел, Гъазизабийила муридал ч1вазе.
Маликье рортизе ч1умалги риччан, Тунчул-ярагъ босун чвархъелин лъварал. Мавлидазул т1ахьал мерхьилин лъварал, Раг1ула х1икматаб тамашаяб къавм.
Рекъелги вацлъиги къине гьабилин,
Къуват баккун буго Дагъистаналда.
Ислам ц1унулезда ц1аял гъезеян,
Гъазизаби руго ракка-рахчулел.
Расуласул суннат ягьудиялъухъ,
Хисулеб буго аз Бичас танани.
Биял г1одор т1урал рагъалги роркьун,
Бокьун буго азий аб дин хисизе.
Исламалда жаниб жубан загьругин,
Жедер вагьабият ч1аго гьабизе,
Бичасе балеб как кисанго къунц1ун,
Къокъ гьабизе т!аг1ат т!аделъун руго.
Т1огьолаб гьайбатаб гьаб г1умру хисун, Хиянатаб г1умру г1агар гьабизе.
Г!азизал х1анч1илъун роржанхъулел нилъ, Риххизе гьаризе хивал раг1ула.
Хиралъабазда т!ад хъублъаби лангал,
Гурищ аз нилъеде рахъизе хъинел.
Нижер дибирасде дир дагьал мухъал.
Гьанже квер бач1ого кинго х1алхьеч1о,
Кагъат-къаламалда къецниги базин. Къвариг1араб чанго чарлъараб суал,
Босизин кагътиде дун г!ажизлъараб.
Дий х1укму къот1улев къади рик1к1алъун, къвариг1ел т!анчиде чучулеб буго.
Чи хадув гъоларел фатваби кьолев,
Вугилан раг1ула г1абид маг1арухъ.
Хирияв господин дир районцояв,
Цо чан суал бугин сагьвиллъараб дуй.
Дингин политика партия ккурав,
Вук1анин мун дилмаж дуе суалал:
Дуца т!аг1аталъул данделъабазда, Бахъун г1одоб балеб борхизин пардав.
Бихьин-ц1уял бат1а ч1езарулеб хам,
Хирияв т1у-т1ун бай т1алъулеб бугищ?
Беразул т1елхазул пардав г1ун бугин, Бихьин-ц1уял дандрай ц1ар борхийищ дур? Дол церехун арал имамзабиги,
Эзул нух ц1унарал нилъер умумул,
Унго бот1родасан т1ехьго ччук1арал, Т1елхалго гьеч1елищ рук1арал гьудул?
Дуде г1унт1изег1ан т1алъараб пардав,
Дур х1илму бергьунищ х1ат1икь мерхьараб?
Халикъасул Ислам аразда цере,
Цо дуда гурони лъалеб батич1ищ? Лъай-ц1алиго гьеч1ев ч1ег1ер х1алт1ухъан, Т1арикъат бикьулев муршидлъун г1олищ?
Г1амалал пасадал саяхъалщинал, Муршидлъун рищанищ щайих кунтица? Кашфу-караматгин г1елму машгьурал,
Щай ижаза кьурал аз ралагьулел?
Рахас силсилалъулъ барал гуреца, Борхулароанха муршидлъи кинго.
Щайдай дур къавмалъ къан г!адат ккураб, Къуръаналъул нухтун рехун имамгин.
Рихулаан гурищ Х1абибасе ц1акъ,
Къват1ул г!адатчаг1и г1акса шарг1 ц1алел. Г1ажаиблъи гьеч1ищ гьаб дур халкъ кинаб, фикъгьи рекъолареб расмаби ккураб?
Рузман-суннатилан фатва дургоги, Диналъулъ к1арчанал дур жамаг1атал. Дагьабниги цебе диналъул гьоко,
Киндай гирулареб каву рагьидал?
Дуца хадур ц1ала ц1ерг1ан жагьилал, Ругьунаб дур нухде доб партиялъул. Пропагандистлъун г1умру арав мун,
Г!алим-дибир лъугьун дагьаб квеш буго.
Динул-Исламалъе къирараб гордо, Дуца пардав бигъун бацулеб гьеч1ищ?
Бец1аб сардилъ г1умру г1емер аразе,
Рогьел баккизе те бакъ ч1вач1ониги.
Къого ункъц1улниги сверана, г1ела,
Свине те анищал Ульяновасул.
Анищал реч1араб ч1аголъиги тун,
Ч1умазде вуссин лъик1 к1удияв дуе.
Шарг1алде т!аде бахъун билълъараб г!адаталъе, Наг1ана г1орхъи гьеч1еб г1аламалъго ургъараб. Бичасул Исламалде коммунистаз ракь хъвадал, Ракьалда загьирлъана зулму цадахъаб г!адат.
Г1асиязул гъванщида щвезабулеб шариг1ат, Щинк1арабго баккана бахьикъосазул г!адат. Г1емер соназ партиялъ тахида рещт1ин ккведал, Динияб низам хисун хварал г!адатал ч1ана.
Ваг1зачаг1азул к1алдиб буг1идал г1урул хоно, Г1умру галадиязе заман г1уна рорхизе. Расул пащман гьавурал Рах1ман санго гьавич!ел, Ч1ег1ерал г!адатаца т!анч1и риччана гьанир.
Къуръангин х1адисалда г1асилъараз г1уц1ана, Г!адамазе заралал зулмуял ц1иял нухал. Хасго ригьнада аск1об Ислам маликь мерхьана, Нусилъан щуго г1ураб шарг1алъе бак1го теч1о.
Г1елму рик1к1алъарабго г!адатчаг1и рорхана, Наг1ана батадица цадахъ мах1хинабуна. Бак1 дагьабго хут1ана хвел иналда аск1обги, Исламалъе баккизе зулмучаг1и ризлъиялъ.
Лъеял ч1агого хабалъ лъалевги нахъе тункун, Канлъи сварал жагьилаз нижехъ гьабулеб гизма. Гурин шарг1алъ абураб уяблъун бахъинабун, Бичасул тущманзаби щибаб рук1нилъ ратула.
Рихьизе г!адамаллъун руго щайт1абазул т1ел, Щибаб росу квегъулел квешабщинаб малъулел. Квер базе бак1 толаро тущбабаз мискинасе, Кисан батунги г!адат тамамлъизе гьабеян.
Лъеберилъ вахъидалги хозяйка ёсич1ого, Ч1орг!адав г1олохъанчи чан г!ада хут1ун вугев? Хварасухъ г1енеккизе г!адатчаг1аз теч1ого, Терезе чан т!амурав т!аг1аяз хвел бахъарав.
Ресгин сахават борцун цебе х1ет1е бахъизе, Бичас т1асан росаяз мискинав толев гьеч1о. Гьеч1елъуса батараб хайрат тибси гьоболлъи, Гьелго мунафикъзабаз гьаваялде рег1ула.
Гьабизе ресг1урабги г1ададалъун буссуна, Баркала гьеч1еб кеч1лъун кири гьеч1еб лайлалъун. Лъуг1аял г!адатчаг1и чурун т!аг1аяб г!адат, Т1атараб т!аг1ун вабаъ балагь щваяб щайт1ан нух.
Шарг1алде т!аде бахъун билълъараб г!адаталъе, Наг1ана г1орхъи гьеч1еб г1аламалъго ургъараб. Г!адат ц1унун къеркьолел къо бух1араб х1ущ ккурал, щайт1абазул цо тайпа щиб нужейги малъилеб?
Ножор раг1и билъун тун баракатги Исламги, Инсанасе квер рек1ин бук1унареб жо буго. Ножор аслу къиналъе къуватал ратич1они, Къуларалъубго хвела халкъул г1алам г!ажизлъун.
Нахъегоги наг1ана г!азарц1улса наг1ана, Анц1г!азарго наг1ана г!адатал ратаразе. Заралиял г!адатал нахъе тарал тущбаби, Щайт1абазда ращадал руго нижее нужго.
Ножор нух1ал хьихьулел бахьикъосал абуни, Борхьаллъун руго нижей рихьигин рас хочунел. Нахъегоги наг1ана г1емерц1улса наг1ана, Нусг!азарго наг1ана г!адатаз ниж ч1валезе.
Дие бараб бут1а къот1араб г1ужалъ:
Эхебе чвахулеб хехаб г1оралъул,
Раг1алалда буго бортулеб г1ури.
Г1оралъ г1одоб бугеб бахъун ун ракьгин, Кьурда бан буго аб бортизе къач1ан.
Ч1ах1ил цо-цо кьибил кьурда хурхиналъ, Хут1ун буго жеги жаниб инч1ого.
Алда мех-мехалда хехаб карачел,
Квершел жиндихъ бугин реч1улеб буго.
Буго бихьудани берцинаб т1алъи,
Т1угьдуде буссараб берцинаб мах1гин. Бакъул гьелегьарал гьайбатал ч1оракь, Гьимулеб буго гьеб берцин Алжанлъун.
Бихьизе гурони дие гьеб гьеч1о,
Гьениве ворч1изе гьеч1о чара дир.
Дирго г1ури буго г1одоб бортуда,
Тун гьеч1о Бичас нух харизе гьеб тун.
Харил кьалбал т1ела т!ад г1ор рещт1ина, Т1еренаб ходерлъун хехго хъамила.
Хъвараб къадар лъалев вуго цо Маг1буд, Г1урул карачелаз киве хъамилев.
Квешал к1к1алабазул гьодорлъабазулъ, Лъаларо къазавун гъанкъизе вук1ин. К1оларо бицине берцинаб г1урде,
Г1оралъ рехулевлъи Халикъ кумеклъун.
Хут1ун буго заман рик1к1арал саг1тал, Рек1ин х1акъаб буго г1урул чуялда. Черхалъул квершелго карачелазухъ,
Ккедал Мун гурх1аги Х1алимав Аллаагь.
Г1ажалалъ кверги бан вехъерхъулелъул, Рахъ ккунте Бет!ергьан балагь щварасул. Бихьидал халатаб зах1матаб сафар, Сог1лъабаздаса дун саламат гьаве.
Гьабугеха Халикъ рекъараб г!адлу,
Г!афвуян ах1улев гурх1ун те Х1алим.
Х1ухьел ч1араб г1ужалъ Г!афувун Карим, Г1абдасе квербакъе къват1ив вахъулев.
Халатаб дир сафар сог1аб гьеч1ого,
Гьабе бигьалъизе бакъун те кверги.
Бакъул дунялалда къо лъик1 гьабурав, Гьобол рещт1унеб рукъ рах1атаб кьунте.
Ракьанде къазавун къват1иве гъурав, Гъаримав лагъасул агъаз гьабун те.
Бихьизе гурони дуниял щвеч1ев,
Дур рахъалде щведал пащман гьавуге.
Гьардарав дий бараб бут1а къун индал,
Дур г!афву-ц1обалъул г1ат1илъи рагье.
Рихьа-раг1а-лъаразде дир суалалгин калам.
Гьанже къват1иб рагьараб гьаб лъугьа-бахъиналъул, Халкквейи надиразде дагьалъ вуссун к1алъазин. К1иго гьумер бугелал берзукье рак1арич1ел, Рач1а данде руссине сух1бат бугин ножое.
Ножоца халгьабулищ хияналъиги бахчун,
Бет!ерлъи Исламалъе гьабулев жасусасул. Г1онсода накъищ г1емер г1амалго гьеч1ев дибир, Гьавулевищ ножоца цеве мажалисазда?
Г1урусаца нух къадал къор-гудрал нилъей гъолелъ, Къуръан нилъей ц1алулев ц1акъав дибирин толищ? Талих1къараб къавмалда къвалал жемун вук1арав, Вагьабияталъул дурц дибирлъун х1алев вугищ?
Х1иллаяв дибирасде думалъе квер хьваг1ич1ищ? Кант1изе ккараб гьеч1ищ гьединав рик1к1ад тезе? Рак1къосарав ваг1зачи бачавехьлъун т!амич1ищ? Бет!ерлъини киса жо каву тезе гьабич1ищ?
Гьесул г1елмуялдасан г1емер лъик1 ножор жагьлу, Жинияб г1елмуялъул г1арабист г1одов теч1ищ? Бати вагьабиязе бихьи ножой х1алт1арав, Х1иллаяв дибирасул босич1ищ квег1абаб квер?
Квер вагьабиюназул доллараздасан ц1ач1ев, Ц1ияб дин хиралъарав хут1изавич1ищ г1одов? Г1араб т1ахьалги хъирщун шпионлъиги бищарав, Умумулъанго дибир довег1ан ч1езавич1ищ?
Данде жаваб х1еренав х1иллаяв жасусасде, Жо гьикъизе унищ нуж Ислам ч1аголъийилан. Лъалищ херав жасусас жо гьикъизе щварасе, Рухса кьолареб мунагь гьеч1олъи гьаб ракьалда.
Бокьун бугищ ножое жагин катил квине гьан, Гьалмагъасдеги ц1ехе ц1унк1е гьоц1о кинниги. Гьесде г1елму бахъарав г!алим гьеб мухъалъ гьеч1о, Ч1ег1ер гъудузул гьанги гьес х1алаллъун гьабила.
Бокьукълъи гьениб ккана гьудуласул боржарал, Наждал т1уризаруна т!аде рач1ун Россияз. Ислам биххизе теч1ел омоналъул бах1арзал, Берзукьа камич1елъул квеш буго дибирасе.
Расул х1акъир гьавулел къот1идал улка бахъун, Рихун буго херасе Россиялъул военни. Вагьабиязул бет!ер Багьавудин берзул нур, Рик1к1алъидал вилидал дибир беццлъулев вуго.
Динул Ислам ц1унарал Россиялъул бах1арзал, Беразукь цере т!амун макьилъ толев гьеч1о гьев. Рогьулелъ бачахъидал чабхъен вагьабиязул, Бичасде тенкерулелъ капурлъизе гурин гьев.
Гьаниб рекъараб къимат къалмида кьезе к1веч1о.
Дие бокьун бук1ана рак1ги рагьун к1алъазе, К1вар кьейи лъедеразда лъазе ккараб рагьизе. Гьал соназда т!аде щун т1асан гирун унелъе, Рекъараб къимат кьезе х1акъикъат т1атизабун.
Т1оцеве дун дир росу ракьцоязул бицине, Балъгояб нижер гъая гъванщилъги бан рагьизе. Вагьабиюнаталъул бец1лъи бекьа-лъилъарал, Дир ракьалда рижарал жасусазул бицине.
Бец1лъиялде халкъ ц1азе балагьал т!аде ц1азе,Ц1алараз бакъараб квер къват1иб загьир гьабизе. Батараб г1елмуялъул г1арабист цо хут1арав, Хиянатчи ватидал тамашалъун г1ун буго.
Г1ин жинда баравщинав тущманас мекъи малъун, Малг1ун-иблис рак1азулъ лъугьана жагьилазул. Жиндирго чукъабини чаризарун рахъана, Чорокаб къасаваталъ къулубал ц1ун ратана.
Къудратасул гурх1елалъ х1укумат кант1изабун, Кодосан иналде халкъ Халикъас бак1арана. Россиялъул солдатаз Ислам бац1ад гьабуна, Ц1аларазул хиянат халкъалъе Эс рагьана.
Хачадулев дибир тун дин ч1аголъизабуна, Ч1ег1ераб зулму хъамун хъачагъалги гъурана. Омоналъул кутакалъ квешлъи къине гьабуна, вагьабиюналазе г1езег1ан зах1малъана.
Маликь ц1аларалги къан ц1унана дин г1урусаз, Г1ажаибаб гьаб бицен Бичас билъинабуна. Лъик1азул баракаталъ Бичасул квербакъиялъ, Камил гьабуна Ислам сабаблъун г1урусал ран.
Рах1манасе бокьидал кьурдасан нах т1енк1олеб, Т!адег1анав Дуе рецц дин-Ислам ц1унаралъухъ. Далаилал Дур руго Дуе бокьиналъ буго, Берцинлъи босун инч1о Аллаагь Дуе щибаб рецц.
Бихьаралъул халгьаби Халикъасе х1ели-х1амд.
Дирго х1алт1иги лъуг1ун х1ухь бахъизе лъалхъарав, Х1ажатал гьеч1ониги ч1анда-хивалалъ вана. Наял т1алинирг!адин т!адруссунелгин унел, Инсанал бералъ росун х1исабалда жувана.
Жодое рецц гурони рихунеб хадубраг1и, Рехизе бак1 батич1ел ч1ух1азде берал щвана. Бит1ахъе Расуласул ясал г!адал дандч1вана, Нилъ ч1ух1изе бегьулел беречазде бер щвана.
Бац1адаб намусалъул маг1арул иях1 бугел, Берал т1уран нечарал черхго цадахъ намусал. Рас гьанал кьер бахчарал беречал чан ратарал, Черх ц1унарал ц1одорал ц1ар раг1арал рихьана.
Раг1и-калам намусал нафс саламат хьихьарал, Саяхълъи рик1к1ад тарал ругоан маг1арулал. Рилъунеб нух хут1ун тун хут1араб бихьуларел, Раг1изе х1ажат гьеч1еб х1арам гьабурал руго. -
Рижарав нижер Аллаагь абурал мусудузе, Завалалде раккигин рек1ел мурад т1убан те. Т1асан рорч1аралщинал т1урач1ого нахъе цун, Дуца вараг1 ккуразул цебе т1убан те х1ажат.
Х1арамлъи нахъе ч1варал нахъе рехуге Аллаагь, Рос-рукъалде руссун те сабур-иман камилал. Карагьатазул икъвал камилазе хисун те, Хассал рац1адал Дуца цере т1уран те Аллаагь.
Ас черхалда хут1ич1ел бахчун лага толарел, Боц1ц1ул тайпаялъе Дур талих1 кват1изе гьабе. Кино-концерт хириял релъеда хьвадухъаби, Беречазе талих1 тун терелел те санаца.
Инсанлъун дун х1ач1ого х1алт1араб дирги пикру, Х1алалаблъунги гьабун гьелъий жаваб гьабун те. Бат1а-бат1аб халкъалъул халгьаби муг1жизалъе, Г1агарлъиялъе Дуде Дуца сабаблъун гьабе.
Ислам борхизе гьабе иблисалъул мугъ беки, Кинабниги бак1алда билъанхъизе гьабун те. Тарасе Мун, х1акъирлъи, къабулав Дуй, давладалъ, Дандч1вазабе хехгого халкъулг1алам Бижарав.
Жакъасеб г1асру Дуца г1амал бихьун щивасе, Г1едег1ун жаваб кьолеб кьуч1аб къарнулъун гьабе. Бегьулел- давлаялда, Дуца тарал- пикрабалъ, Риччай ине ал къоял къиямасеб къо г!адин.
Къасдал рихьун щивасе икъвал яги къо бух1и, Къаданиб щвезе гьабе къудраталъул Бет!ергьан. Бахъараб галул халккун кинан щив тезе кколев, Тункизабе щивасда щвелалде г1емер цеве.
Г1идра харда бараб т1егь хасго реццун араца, Вохизе гьавиялъул халатаб щукру Дуе. Дуниял ахирлъараб харабаб заманалда, Дандч1варал камилазухъ икрам тах1иййатги Дуй.
Инсанал къосунелъул сабаб рекъезабун те, Тоге т1екълъи бергьине Бет!ергьан щибаб рецц Дуй. Бихьинал къосиналъе къват1ий яхъунщиналъе, Икъвал къараблъун гьабе, Бет!ергьан Дуе санаъ.
Расуласул нух ккурал рази гьарулев Аллаагь, Ислам щвалде щвезабе Бет!ергьан Дуй буго х1амд.
Хадуб раг1и:
Дир раг1исан гьабулел сураразулъ гьеч1елъул, Гьардана Аллаагьасда Исламалъул рахъ кквеян. Насих1ат саяхъаца сан гьабуларебги лъан, Лъалев дир г!адиласде г1арз бахъич1ого г1еч1о.
Бет!ергьан Дуй бокьани кьурарал рит1изари, Гьит1ибикъинаблъидал къосизе тоге лагъзал. Заг1ифал инсанаца ахираталъул г!азаб, Г!адлуялъул гьабуге гьанирго кант1изаре.
Кинавго Дур лагъасе гъуфраналъул рагьаби, Рагье ризкъилъун гьабе Раззакъ къорикь ккелалде. Къосинал рик1к1ад гьаре гьидаяталде ах1е, Аманат киназулго квер хьваг1ун рехун тоге.
Ц1ияб нусилъгин азарилъ лъугьин.
Г1иса аварагасде аслу базе гьабураб,
Гьаб тарихалъул гьоко камилго цебе ана. Реццгун щибаб ч1ум рехун халкъазулъ къадруялда, Къого г1асру т1убана т!ад каламго гьеч1ого.
Гьайбатаб к1иазар сон босун т!ад г1удиб лъуна, Лъабабилеб азарил рагьуялда квер лъуна. Кинаб дунялалде дай данде ч1валел ругел нилъ, Долъ гьалде тункулелъур тохго ч1ун бегьиларо.
Бет!ер нилъер х1алт1ич1о х1ат1азукь долъ мерхьана, Х1алихьатаб г1асрудалъ г1емер чи гьалаглъана. Лъабабилеб азарилъ лъугьунеб лах1заталда, Х1адурлъизе рач1ая х1узурги камил гьабун.
Кинацаго какулел квешал т!абг1алги ч1аран, Ч1агоял ц1иял лъик1ал рук1ич1езде раккизин. Рач1а нилъ цадахъ рекъон рет1елгин черхги чурун, Рац1адал ц1ц1урараллъун ц1иялда байбихьизе.
Эбелалъул кекги тун кверккун рачунел къоял, Къабих1ал г1амалал тун цере ч1езе гьаризе. Гьаб къарнуялда жаниб жагин ц1угь бегьуларо, Бат1иясул гъийин квен квешго къабих1аб буго.
Х1илла макру хиянат тана нилъеца т1ок1алъ, Лъилго гьан кваналаро гьесдасан гъибат гьабун. Гьединго адаб хвараб хатир гьеч1ебги тана, Тана х1елх1елчилъиги х1алихьалъи чи вичи.
Чиясе гьабиларо нилъее бокьулареб,
Борхила къварилъигин рохел росуцоясул. Исламалъул нух кквела Расул г1емер рехсела, Г!алимзабаз малъухъе лъик1азул рахъалъ ч1ела.
Росу ракь улкацоял улбулцояллъун кквела, Калам хъач1аб инч1ого ч1езабила к1алдиб мац1. К1иго цадахъ гьарурал яцаз г!адин адабгин, Инабила г1умру къо ракь улка цоязда гъорлъ.
Цинги мадгьал улкаби керенццун къабул гьарун, Нечезарила нилъер лъик!лъи гьоркьорлъабаца. Кьер чан хисананиги хадусел наслабаца, Мисаллъун росуледухъ мах1аббат лъик1 гьабила.
х1уснулхулукъ камиллъи китабазда босараб, Инсаналлъун рахъине икъвал щивасе кьеги. Гъоркь тараб тун хут1изе хириябщинаб кквезе, Хадубги квербакъаги киназего Каримас.
Кагътиде хъван борч1ич1еб берцинаб лъик1алдеги, Бечеяс т1орит1аги т!адеги гьарза гьабун.
БИЧАСУЛ Х1ИКМАТАЦА Х1АЙРАН ГЬАВУРАБ Г1УЖАЛЪ...
Аллаагь Мун гъорлъ камараб киб бугеб щибниги жо? Жанисан Мун вахъараб бахъун х1ущниги бугищ? Щибалъул халккуниги хехго Мун цеве щола, Щиб сундуй г1оло Дуца г1езабураб лъаларо.
Г1уч1сум босани кодоб балъголъаби ратизе, Таманаб заман хола хивалал гъварилъула. Гъот1ол г1аркьел ккунани г!ажизлъула пикраби, Г1езабурав цеве ч1ун гьеч1еб маг1у бец1ц1ула.
Бер сунда т!ад лъуниги т1атуна балъгояв Мун. Лъай г1акълу г!ажизлъула г1аламалда бер щведал, Щибниги рух1ч1аголъи релъунаро цоцада, Цо-цо г1аламат буго бат1а гьаризе лъалеб.
Бат1аго инсаназул сифатазулъ тамаша, Щивниги инсан гьеч1о гьумерниги релъарав. Гьаракь бат1ияб ват1а гьелъго вахъулеб, Вихьич1ого гьаркьица бокьарав чи бицуна.
Цойги х1икмалъи гьале Х1алк1олев Аллаагьасул, Ухшараб буго гьаракь кьолболазул цоцада. Цингиги х1алк1велъиго К1удияв Парчах1асул, Сифаталъго бицуна цо улбузул наслаби.
Бат1и-бат1ияб г1алам х1алт1улеб буго т1олго, Т!адкъарал г!адин руго г1емер бат1ияб амру. Инсанални щайгурин роол раккаралщинал, Рихьизе г1оларелцин г1едер терелел руго.
Г1акълугин канлъи буго кванайи рилъи буго, Берца росизе г1еч1ел ч1ах1ил агьлуялъулго. Эхеде бакъ борхидал харил нац1ал гьалдола, Гьури ц1ад къот1изег1ан т!анхазда гъоркь т1упула.
Т!адег1анав Бичасул гьаваялде ворхани, Гьури ц1адал цо къоялъ цо х1алалда толаро. Тункун г!адан рехулел хехал гьурал рахъуна, Гьоркьоб заман иналде дораса къот1ун уна.
Т1екъола нак1к1аз зобал биццатаб гъаталдалъун, Гъоркьан ц1адал чвахула ахирго гьеч1елг!адин. Г1емер мех иналдего эхей иххалги рег1ун, Рук1аралъур къун уна къуватал зодил нак1к1ал .
Къудратасул х1икматалъ х1еренал бакъул ч1орал, Ч1вала ракьул гьурмада гьава зобалги роц1ц1ун. Гьебяли бицинаро цин дирго хал гьабизин, Халикъас чан бат1ияб бижун бугеб дилъ х1икмат.
Тамаша бет!ералда т!ад чан точка бижараб, Бихьулеб раг1улебан мег1ер к1ал к1алъайилан. К1удияб хан г!адалнах хехаб амрудал контор, Киналъего тарбия тамашаяб муг1жизат.
Жанир раккизин цинги цодагьалъ гвангваралъур, Лъица дурус бицина цо-цо ккун гьениб бугеб. Бохдул кверал камилго квег1енлъун рижун тейго, Квер рек1и кивего щвей маашаа'аЛЛААГЬ камиллъи.
Киналго балъголъаби лъан жегиги рахъинч1ел, Халикъас ресун руго инсанасул черхалъулъ. Хивалал г!ажизлъана лъай кибего бахъич1о, Киналда квер баниги баралда квер рек1инч1о.
Бечед Мун х1акъав вуго х1алк1олъи Дуца гуреб, Борцунедухъго гьеч1о, бет!ерч1ван Дуе санаъ. Бихьанщинаб босулеб пасах1ат къалам киса? Къокълъиялде вач1ана Вижарав щукру Дуе.
Щакъилъун ралъад г1орал г1оларо гьедин хъвазе, Дур х1акъалъ къокъ гьабиго рекъон буго рецц Дуе. Дур х1икмат къудраталда Къадир цого Мун гурев, Рег1иларо хадув чи хидматгин сужда Дуе.
Дур хивал гьабунщинал хут1ич1ищ г1умруялъго, Г1ажаиблъи Дулъ бижун дуниялго к1очараб. Дур заталда хурхараб хивалал х1узуралда, Дуниялалъул къоял къот1изе къисмат гьаре.
Къудрат жалалаталъул ралъад океаналъул, Лъеца кверал чурицин камун нижгоги тоге. Тамашаяб Дур къудрат къараб карт1илъанниги, Къудратав бихьулеллъун хьуллъурал Дуца гьаре.
Раг1араб бихьанщинаб балъголъилъидал Дурго, Балъгого хут1ич1ого Халикъ т1атинего те. Х1акъикъияб бихьигин раг1и ризкъилъун гьабе, Рек1ел х1узур даимаб Дуца г1умруги гьабе.
2леб бут1а.
Г!адада унареблъун ургьисеб х1ухьел гьабе, Х1алхьезабе черхалъул Бечед Мун рехсей жубан. Бигин гьаналъ рукьбазулъ бессе хассаб Дур исму, Аллаагь абураб пикру кидагоялъе гьабе.
Камилаб агьлуялда гьоркьоб ккезабун те ц1ар, Ц1уни г1умруялъгоги г1ащикъаб рек1ел мурад. Г1ажал г1унт1араб къоялъ г1арифуназда жаниб, Камилазул квербакъи кидагоялъе гьабе.
Кидаго рек1ел берзукь рук1унел Расуласул, Наслу агьлуялъулги квер боси насиб гьабе. Расуласда бергич1ван ч1алг1енги сасинабе, Босун гьесулги квергин канлъи бихьизе биччай.
Камилаб Мун вихьиги хьуллъуразе г1амм гьабе, Г1амалазда балагьун г1одор тоге Бет!ергьан.
3леб бут1а.
Г1емерал дир мурадал Дуе бигьаяллъидал, Дунгин мурад цоязул цин мурадал т1уран те. Т1асан босун кьунилан гъоркь ками Дулъ гьеч1елъул, Гьарделаго теч1ого гьидаят гьарун те ниж.
Гьардохъаби ч1алг1унев гьеч1олъидал Мунгоги, Мурад бук1араб Аллаагь Мун т1атиялде ракки. Т!аг1ун иналде къоял х1акъикъат якъинлъун ккей, Къвариг1арал рихарав хан гьеч1елъул Мунгоги.
Гучаб Дурго буголъи бихьун бер бакъанилан, Ракъарал ниж риххуге махлукъалъул Бет!ергьан. Т1ок1абги кьун Дуцаго рит1арал рихьунлъидал, Хьулал т1ирит1ун ана хут1араб Дур иш буго.
Анищан ккаразул раче Аллаагь кьеразулъ.
Т!ад балагьун цогояб цинги бат1и-бат1ияб,
Т!адег1анав Дур г1алам Дуда гуреб лъалареб. Лъун т1агъургин рет1а-къан руго релъаралг!адал, Г1орхъи гьеч1еб рикьиялъ ратула ал бат1иял.
Т!аг1ам цого кваналел цинги жал ц1акъ бат1иял, Жаниб дунялго бугел ругел Дур хассал чаг1и. Черхго ц1улал х1амузул х1айваниял нижеда, Х1алго лъаларел руго х1узур даимаб Дур халкъ.
Дозул даимаб х1алалъ х1ал гьабуни лах1затаз, Х1айванияб ниж тайпа параялъ т1урилаан. Т!ад ц1а г1унт1аразул х1ал х1акълъунго бук1инаан, Рак1ал кьижарал нижер Рижарав Мун т1атани.
Таргьа ч1ах1илги кванан х1алхьарал бусбиг!адаз, Духъ х1айранаб х1ал щвани щибдай гизма ч1валаан? Дуца бан буго бут1а релъарасе рекъараб, Къавмал руго бат1иял т1аса яли релъарал.
Т!аг1ат буго хассазухъ херлъизег1ан ниж г!адаз, Г1езабизе к1олареб к1иго саг1тилъ гьабулеб. Бихьула цо хассазда бац1ун дунял берзукьлъун, Бат1аго дулъ раккула бицун боржунаредухъ.
Дуда рухьарал рак1ал к1ет1ола токалда лъун, Лъаг1алил нижер зах1мат лах1затазда борч1уна. Бач1унебги т1атула т1олго гьаркьал раг1ула, Раккула х1азраталда х1алхьола Дудалъунго.
Дуда рак1алги рухьун дозуца т1олеб маг1у, Т1еч1о г!адатияца г1ага-рокьарал хунги. Рокьун данделъич1езул Духъ азул г!адаб х1асрат, Х1акълъунго загьирлъич1о Зугьра Т!агьирилгицин.
Т!адег1анав Бет!ергьан нижги нуц1ида нахъе, Рахъине гьаре алал гьезул азбар ригьзазул. Аллаагь Мун вокьиялъул г1аркьелалде квер г1унт1и, Г1алхуда г1урал нижей насибаблъун гьабун те.
Инсаналлъунги рижун ниж бачаллъун теч1ого, Бечед Мун ватаразул те чухъида квер базе. Талих1 Дуца кьуразда даим бахил теч1ого, Бет!ергьан гьезда жаниб нижерги ц1ар ккезабе.
Заг1ифал ругониги нижерги нафсал руго, Ниж тоге берал рортун бихьарабщиналъ лъукъун. Лъач1ониги нижеда ниж щиб бак1алда ругел, Рагьдухъе раче Аллаагь бечедаб Дурго хассаб.
Сабаб щиб гьабуниги гьардохъаби гъоркь тоге, Талих1-икъвал кьуразул кьералде гъорлъе раче. Чамасги бикич1ого кепц1алеб Дур г1инаят, Г!ажизлъиялда гурх1ун х1ухьел-мах1 ч1вазабун те.
Ч1обого лъимазеги лъайго гьеч1езе балеб, Бут1аялдасан мах1рум Рижарав тоге нижги. Нижерни гьаб гьакибер буго нахъе гирулеб, Гурх1улев нижер Аллаагь ахир бит1изабун те.
Аманат нижер Дуде Рижарав икъвал гьабе, Гьеч1ого т1ураларо т1алаб гьабула кьун те. Кьуразда Дуца талих1 тоге т!ад ралагьун ниж, Гьезул икъвалаздасан рекъа-ккараб бикьун кье.
Вокьиялъул бут1а Мун бит1ун те нижееги, Рижарав рази гьаре гьелде х1ажалъи бугел.
Нек1сиябго гьумер гьанжесеб рищи.
Вук1ун вуго нек1о нижер цо росулъ,
Цидул наслуялъул сог1ав 'ворч1улав'. Вихьигин 'ворч1улав' рорч1а-лъутулел,
Рук1ун руго нек1о нежерал гьев тун.
Гьевгиха гьойг!адав г1асияв инсан,
Г1ат1идаб каранзул зарал ч1ах1ат цо. Рач1унел унезе нух къан ватулев,
Къасд бугеб бахъулев хъубав хъамалчи.
Нахъойги вахъана гьебго г1асруда,
Г1аламго соролев сог1ав цо парчах1.
Керчаб рохьил парчах1 гъалбац1алъ г!адин, Дагъистаналда т!ад квершел гьабурав.
Бураназул г!адал гьурал нак1к1азулъ,
Закари залимас мерхьана цо къавм.
Къасд ккун тун бегьулеб я бегьулареб,
Бат1а бахъич1ого бац1ана зулму.
Баккана къуватаб партия цинги,
Цадахъ т1олго г1алам асир гьабураб. Бачазег1анги аз г!адамазеян,
Нахъе босун инч1еб ихтияр теч1о.
Аллаагьас жиндирго х1алк1олъи лъазе, Лъалалде гьеб къуват къинеги буна.
Къалмил гъаза гуреб зар борхич1ого,
Бихана коммунист партия цадахъ.
-Добмехалъ х1инкъиялъ х1инкъарал азда, Эркенлъи бач1араб к1веч1о бич1ч1изе. К1век!ун ругьунлъараб лъелаб халкъалъе, Къадру-ихтияр щвей щак-васалъ ккана.
Лъан бахъунеб гьеч1о гьанжеги азда, эркенлъиялъ каву кибго рагьараб.
Квешго дандекъарал ц1унц1рал г!адал аз, Ихтияралде квер кинго бегьич1о.
Киг1анго рак1алъе рихананиги,
Районалъул бет!ер т1аса хъущт1ич1о. Ч1агояв вокьиялъ боркьаниги рак1,
К1веч1о х1ал лъазабун х1ажатав кквезе.
Х1илла-макру гуреб рохел кисаян, Коммунистиябго кьун ана гьаракь.
Бакьулъа ч1умизе бук1араб изну, Аз буллетеназе бук1ахъе тана.
Нагагьлъун хъущт1изе к1веч1они наиб,
Ч1аго жал теларин турк1ана нахъе. Талих1алде киг1ан хьуллъананиги,
Лъалин цогидасда ц1ар ч1вазе к1веч1о.
Ч1вараб бац1ил ц1око ч1аго бац1ан ккун, Бук1араб ссиялда саламат тана.
Рас х1улидалниги х1инкъарал азда,
Зарал ц1акилъ гьеч1еб лъазе батила.
Бакъул дунялалда каву къаразул,
Зани борхизег1ан бец1лъи х1ехьон лъик1. Бец1лъиялда г1умру г1асрабаз арал,
Г!айиб кинан ч1валеб ч1ун хут1иялда.
Ихтияр рагьанин раг1ананиги,
Рак1 заг1ифлъун арал ригьун ратич1о.
Роол къояздасан къараб хаслихълъи,
Аз т1асан бищана бихьун ругьунаб.
Рагьараб эркенлъи эзухъе щвеч1о,
Ч1ег1ер барал къоял къулч1улел руго.
Къан ц1унк1улевги г1ун г1умру бачун лъик1, Г1умру ц1и гьабулел берзуй г1езе щай?
Харабазул гьурал рит1ухъги гьарун, Рорца-къот1и гьеч1ел рищиял ана.
Щибалиго т1екъаб принципги ц1унун, Бец1лъи т!ад бусана сонаца жеги.
Ц1адуца бух1ила бугеб г1уч1-ч1умги,
Бечедаб рохьалде хьул лъун пайда щиб? Щибго бич1ч1уларез бахъана хъала,
Нахъа балагьила бет!ер къан кколелъ.
Бесдаллъараб район ресукълъи бак1лъун, Бугесдасан гьарун рекъа-речила.
Чидада цеве ун к1олев х1алт1ила,
Т1ех т!аг1ун хвезе чи Бичас теларо.
Таманалъ эркенго х1алт1арал зазил-
Гъот1ол кьалбал ракьулъ риччай х1алт1изе. Т1еренаб гурони г1умру бихьич1ел,
Г!азизал риччан те ругьунаб нух ккун.
Хадуб гъей заг1ифаб г!ажизаб дир халкъ, Нахъехун рилъине рокьухъе тоге.
Кьураб босуларел ругьунал гьарун,
Гьал соназги къулч1е къваридаб г1умру.
Г1умруялъ рещт1ич1еб рии их нилъехъ, Ахирал соназги бат1аго щайзе?
Ват1аналда жеги т1убач1еб яшав,
Щибизе г1уц1изе г1акъилас нилъей.
Г1алам эркенлъизе квербакъулев щай? Кваназе жо щвани г1олев лъик1 гурищ? Г1елмуялъ малъухъе х1алт1улесдасан, Х1арамлъи рекъолев рекъарав гьеч1ищ?
Ресал ц1ехон нилъго хьихьулесдасан,
Рухьен къот1улев лъик1 нилъер халкъалъе. Нилъей жиндир гъийин бикьулесдасан, Бач1унеб нилъехъе хант1улевго лъик1.
К1алаца х1инч1 кколев араратор щай?
Оцол бубуялъул бегавул хисун.
Россия г1оларев г1уц1арухъан щай? Г1едег1иго гьеч1ев г1агаравги тун.
Г1емер вортанхъулев тулакасдасан,
Тахида бак1 ккурав багьадурго лъик1. Бац1ц1ун г1аламилан г1ет1 т1олесдасан, Г1емер рекъон гьеч1ищ рукъ хьихьун ч1арав.
Районалъул бет!ер т!адег1ан гьаве,
Т1ут1ал рачахъизе чи камун тоге.
Т!аде рищиялъги нилъеда лъалев,
Нилъго г!адиназе г1ун т1ок1 вуго гьев.
Цебеселда рухьиялъ рищияз х1асил кьеч1о.
Ц1акъго нек1сиязул лъалк1 нилъер г1асруялдаги, Босуледухъ батана хассал росабалъ жеги. Жагьлуял къарнабазул къаг1ида турич1ого, Къоабилеб векалъги такрарлъизе лъугьана.
Лъидасан байбихьарал биценалдаго гьеч1ел, Бец1ал г1амалал руго г1одор тунго рахъинч1ел. Рокьол ганч1ил хъанчазул херестиан тайпаялъ, Тарал турич1елщинал такрар гьарулел руго.
Раг1ула бук1ун нек1о,борцич1ого рит1ухълъи, Рик1к1а г1агарлъи борцун цересел цере гьари. Рит1ухъ г1агарав гьави г!айибал рик1к1ич1ого, Рак1азулъго бессарал рук1ун руго нек1сиял.
Ирсилас г!айиб гьеч1ев ч1ван ватаниги г1абид, Г!адат бук1ун раг1ула г1умру т1урав какулеб. Рак1алъ г1агарав ц1унун г1амал бац1адав каки, Г1асрабаз г1асрабазухъе ирсалъ кьун бук1ун буго.
Нек1сиял рак1ал ругел рук1ун руго жакъадги, Жагъалаб тадбирулал таманал загьирлъана. Зарал хайир борцине хадугъей жеги г1еч1ел, Хасго гьал рищиязда рат1а рахъизе к1вана.
Рак1гин г1умру г1акъиллъи г!адамазе кьолев тун, Кьибил жубарав ккуна жагъалав вугониги. Жамаг1атазе рух1цин кьезе х1адуравги тун, Тухумцоясде килищ щокъалщиназ бит1ана.
Т1атарав лъалев восун росаби хьихьулев тей, Тамашаяб иш ккана ахирал рищиязда. Рушбат нафакъаялъухъ къадру ихтияр хисун, Хассал паракъалъана лъабго анкь болжалалде.
Жалго ругьунаб къуркъур къот1изе толарел ал, Къабулавго гьеч1есе гьаракь кьун кьерда ч1ана. Кьог1ав бет!ерасда жал рихьизеялъе рач1ун, Рихьдае жо гьабуна жал жодоца ричараб.
Раг1и ц1унигин цадахъ ц1илъаби ратулев тун, Рах1аталда ругьунав гьудуллъун аз гьавуна. Гьеч1олъи бачахъилин нухде вахъаравги тун, Харбил мина балесе буллетенал рехана.
Халатал арал соназ цох1ого бак1 мерхьарав, Хьуллъундай ал херлъидал хайирал ас гьарилин. Хивалдай азул бугеб наказде ас т!амураб? Т!аде бахъизабилин херлъидал хвараб район.
Раниги т!адг1анщинал ц1арал асул горбода, Гуро хисизе гьеч1о гьудулас жиндир рилъин. Рижарасул ц1арги ч1ван ц1унаниги нахъе гьев, Гьебин гъалбац1ил раг1ад ц1иркъалъул бахъун сурат.
Хадуб раг1и:
Тун жагьлуяб г1амалги г1емерго рекъелаан, Г1агарлъи борцич1ого бет!ер вищарав ани. Бец1ал г!адатал ц1унун г!азабал раччич1ого, Г1ат1идаб дунялалде гордо рагьараб ани.
Ресукълъиялъ къан ккураб къваридаб муг1рул район, Къанал ч1ваян теч1ого тархъан гьабураб ани. Талих1-икъвал бугесда бихьараб ани улка, Эркенлъиялъул ч1орал ч1валаан щибаб горда.
Ч1аголъилаан яшав махщалилав т!аделъун, Т1езе тараб ани г1ет1 г!ажизлъараб ракьалде. Г1умру хъарц1инлъаразе ц1илъалаби ц1ехолес, Ц1ияб хайиралъе бак1 хехго балагьилаан.
Хайир кьолареб бахъун бук1араблъуб ц1и гъеж ч1ей, Ц1акъаб г1акълу бук1ана билъинч1о бук1а абе. Унти халалъарасе хисараб дару гьаби, Дир халкъалъе бегьич1о бицун пайдаго гьеч1о.
К1ИГО ТАЙПА ТУН БУГО БИЧАС,
ЖИНДИР ЛАГЪЗАДЕРИДАСАН,
НИЖЕР Т1АЛАБ ГЬАБИЗЕ.
Къуръант1ехьгин Т!агьаяс гьарзаго жал рехсолел, Халикъасул бац1адаб бугин раг1ула г1алам. Г1умру ц1акъго халатал хиралъи жидер т1ок1ал, Т!аг1ат гьабун г1орц1улел г!адилзаби ругел т!ад.
Т1олабго инсанасул амру жодода бухьун, Жив-живас цо рахъ ккурал раг1ула малайкзаби. Кинасдаго т!адтарал т1олабгоги т1ок1к!унел, Т!адтарал инсаназда г1абидзаби раг1ула.
Раг1арал машгьурлъарал лъалел малайкзабазул, Бицен халат гьабиялъ гьениб кант1иго гьеч1о. Рач1а цойги рахъалде дагьалъ пикру буссине, Инсаназулъги гьеч1ищ гьединазул цо къокъа?
Къокъабго г1умруялъул г1ибадатги заг1ифал, Г!адамазе квег1енал кирго гьеч1ищ хадимал. Хъулухъалъе т!амурал т!адкъайял лъик1 т1уралел, Т!адег1анас нилъее нилъго г!адал кьун руго.
Рокъобе ток бачуна туалетал къач1ала, Къаданиб лъим бачуна чед бежун х1адурлъула. Рет1ел ц1ияб букъула къайи-ц1а гьабун кьола, Кьер-кьерал ниг1матаца нилъей рынок г1уц1ула.
Рек1ине чуялдасан чанго нухалъ квег1енал, Кире ине кканиги кавуде машин щола. Квешлъаби нахъе ч1вала хассал чиновникаца, Чехь унтигин даругин доктор фельдшерал щола.
Щибха пайда дир къалмил къуват г1езехъин гьеч1о, Гьанир квербакъулезул къадар г!адад рагьизе. Рах1манас х1алкьеялъе х1адурлъаралщиназул, Х1исаб гьабизе к1олеб к1удияб бет!ер гьеч1о.
Гьалги долги Дур руго Дуе буго Бечед рецц, Рак1алъ гьарухъе лагъзал руго Дуца хьихьулел. Цояз-цоязул квер ккун цоявги гъоркь теч1ого, Лагъзал х1алхьезарурав альх1амдулиЛЛААГЬ Дуй рецц.
Дуе мут1иг1ацаги т1алаб нижер гьабуна, Бахьикъосаздаги ниж Дуца хьихьизаруна. Дур квер буго т!адги лъун т1олалго инсаназда, Сабабалги Дур руго Дуе даимаб щукру.
Тафсиралъул т1ахьазде т!аде къулараб заман. (т1ехь ц1алиялъул дуг1а).
БисмиЛЛаагь камил гьабун гьабулеб буго ният, Набиясде рещт1араб т1ехьалдисан ц1ализе. Бац1адго Къуръаналъул аят цо рещт1аниги, Цадахъго Къуръаналъул къадру т1ехьалъейин дир.
Т!аде къулулев вуго Къуръан жаниб бессараб, Тафсиралъул т1ехьалде т1олго Къуръанлъун рик1к1ун. Ц1ик1к1араб гьунаралъул гьеч1олъидал инсанлъун, Иг1рабаца къач1араб Къуръан-тафсир рич1изин.
Рич1ун ц1ализе х1алк1вей х1ад гьеч1еб талих1 дие. Давла г1орхъиго гьеч1еб Бичасул лафсал раг1и, Расуласдагин гьоркьоб бук1араб субх1 баянлъи, Босун Жабраил щвараб щибаб калима бихьи.
Бечед Дуца дир ккараб ният-къасд къабул гьабе! Къуръан т1алаб гьабулев т!аде ккезе гьавун те! Т1ахьаз г1ат1ид гьабухъе бич1ч1иги насиб гьабе. Дурусго ц1аларазул къисмат гьабун те ажру.
Ине те г1умру-къоял Къуръаналъул нухалда. Халикъ рекъезавун те Расуласул силсилалъ. Асх1абзабазул т!абг1алъ т1овит1иги гьабун те. Гьезулъ х1алхьолевлъунги х1асратав дун гьавун те.
Тафсиралъул х1арф рик1к1ун х1акъал т1аса рехун те.
Рах1ман Мун разилъи дие давлаялъе гьабун те. Гьабурабщинаб г1амал г1ибадаталде бусе. Г1емер гьабигин цадахъ хайир кьолеблъун гьабе.
Бет!ергьан Къуръаналъул къадру тафсиралъе те. Тажвид дурусаб ц1али дие т1убазабун те. Т1атизеги гьабун те Къуръаналъул балъголъи. Бечед Дуе г1ололъун дир гьаб ц1али гьабун те.
Ц1алун цинги раг1араб маг1наги раг1абиги, Рак1алда хат1 гьабураб гьунар-пагьмуги кьун те. Кьуч1аб мац1 буголъидал Дуцаги жиб х1алт1араб,
Х1абибасул рахьдал мац1 мац1алда ругьун гьабе.
Гьанивги ухраялда дун лъалездасан гьаве, Гьаризе лъач1ебги кьун ч1агоявлъунги гьаве. Гьеч1о Аллаагь Дуй г1оло гуреб рагъариго дир, Дуца т!аг1атлъун гьабе т!анчазде вуссинго дир.
Т!аг1аталъул къимат кье къасд гьабурабщиналъе, Гьеб кинабго Дуй г1оло дир рахъалдисан гьабе.
Х1АСАДЧАГ1И.
Арабги бач1арабги бач1изе урхъарабги.
Дир цо анищ бук1ана рак1алда бак1 ккун ч1араб, Рит1ухълъиялъул аслу инсаназулъ рагьизе. Иблисалъул х1ал хъублъи х1усуд т1атинабийгин, Т1обит1изе Дагъистан гъаяби нахъе росун.
Ссун батун бакъул кунч1и ч1ег1ер к1к1уйдукь ругьунал, Гьороца к1к1уй т1езабун бакъул ч1оракье ц1азе. Бадир руссун киг1анго дида къацанданиги, Дунялалда билъараб рит1ухълъидал бицине.
Беццулеб коммунисталъ кулакаллъун рит1арал, Кулабазда херлъарал хассаздасан бицине. Бакъвараб т1омол гуреб рет1изе щвеч1ел хьитги, Рит1арал г1и хьихьарал хьвагинир аз гьалана.
Гьединазул г1ияца г1уц1ана колхозалги, Г1емер лъик1аб кканилан нилъ гьелдасан рохана. Хайир гуреб лъиего зарал щвеч1ел пуланал, Партиялъ самир гьари гьуинлъана нилъее.
Лъиего квал-квал гьеч1ел кулабазда г1ет1 т1урал, Г1емер маг1ишат чаг1и чурхъана гьеб къануналъ. Къелъ лъолеб цо гамач1цин щубгьаяб данде бач1ел, Бечедал кулакалин камизарурал чамал.
Бичасул калам нилъей каву рагьун бекьарал, Равх1аниял ругилан рит1ич1ищ самиралде? Расуласул ирсалда инсанал т1орит1улел, Т1арикъат малъулелги лъурич1ищ ролъ-ханжулъун.
Лъурдул ругел г!адинан нилъер халкъалги рик1к1ун, Рукь нилъеда баралги нафсалъ рит1ухъ гьаруна. Инсанасул рит1ухълъи т1екълъиялъ г1одоб лъуна, Г!ажизаб иман бугел элдаги разилъана.
Ризкъи г1умру х1алалал х1асудалъ тущманлъарал, Щайт1анияб къануналъ къач1ана доб къарнуялъ. Ч1вач1ван хважаиналгин жаниб буссараб яшав, Щивасе гьуинлъана гьелъул лазат босана.
Бахъун бащад гьабураб гьуинлъизе гьабуна, Гьебго рек1ел къосиналъ иблисияб жах1даялъ. Х1арамаб х1алалалъул х1исаб пикру бук1инч1о, Бачилг!адин чехь ц1езе чурпа дандч1варалдисан.
Дицаги какиларо колхозал ахирисел, Элъ ризкъи г1ат1илъана г1емерасул чехь ц1уна. Г1аммаб маг1ишаталъ чи г1орц1изавун хьихьана, Г1ат1иракьал жураялъ лъик1ал х1асилал кьуна.
Х1арамлъи т1ок1ун ана т!аде х1алалаб щвана, Яшав квешаб бук1инч1о кверал жанир г1емераб. Кинасулго зах1маталъ х1асилги квешаб кьеч1о, Фабрик завод ГЭСаз саламатаб бак1 ккуна.
Какулел руго дица цох1ого х1асадчаг1и,
Чияр азбаралдасан унез бер босуларел. Борхатаб минаялда бер к1ут1арабго рак1алъ, Х1уриятан ах1ула бух1араб къануналъул.
Бугебщинабги хъваг1ан нахъе квералги рухьун, Рег1изе х1асратлъула х1алхъублъиялъ лъаларев.
Лъалалдего бечелъи батараб бак1 хассасда,
Къиссасалде гьесула самирилан ах1ула.
Х1арамищ гьабун бугеб Бичас кинабго каву, Бечелъи т!аде щолеб т1алаб агъаз бугесе. Бича-боси бук1ина бекьи-бижи батила,
Рател бук1ун батила бегьулареб жо х1асан.
Х1ал хъубавгин к1вах1алал х1асадчаг1азул урхъи, Нахъего коммунизма, киса щвелаян буго. Бач1араб ихтияргин исламалъул к1вар гьеч1о, Бусбизул г!адал чахьал чурабазул ц1ей гуреб.
Бикизе квине лъалев лъуг1араб къо щун хадуб, Щиб кканиги к1вар гьеч1о к1вах1алал бахилазе. Бичас амру гьабухъе нухал рит1изарурал, Ракьулъ ч1аго рукъизе рокьарал чанги руго.
Чи вихьун хис-хисараб хасият-г1амал буго, Г1емерас ц1алзег1анго г1одоб бала дир кеч1го. Г1умру къокъаб къасидат къалмидасан борч1ана, Къуларал т!амачалде т1аса лъугьа лъуг1ана.
Арал соназда Дагъистаналда ккараб рагъалда т1асан.
Муг1рузда релъаразул баракат квербакъиялъ, Нилъер улка ц1унана ц1а ккедал бух1ич1ого. Нилъер Дагъистаналде тохлъукь т!адк1анц1аразе, Ц1еда цебе ралъадлъун балъго ч1арал ратана.
Рорхатал муг1рул г!адал г1агарал Халикъасе, Хиянат ургъаразе гъваридаб гвендлъун ккана. Ралъадлъун гьулчаразул карачел къинабизе, Къаф мег1ерлъун ратана рик1к1унелго рук1ич1ел.
Рек1ел фахру бергьараб вагьабиятазул бо, Бичас сорозабуна сабаблъун валиял тун. Самиг1асе бокьидал сабаб валияздасан, Вагьабиязда цере рорхалъана рехсарал.
Рорхалъаби нилъехъги лъала г1емерал руго, Г1агарал Аллаагьасе г1езег1анал раг1ула.
Г!аздал т1огьаллъун нилъехъ г1урччинбайрахъалъулал, Г1емер гьаруна Бичас балагьал къинаризе.
Рорхатал т1огьал-щобал т1алъиялда гьарзаял, Зияратчаг1и нилъехъ лъалел лъаларел г1емер. Муг1руз ц1унараб гуро нилъер ват1ан щулаго, Щайихгин вализабаз берзукь хьихьараб буго.
Бураналлъун рахъарал хъубал вагьабиязе, Бит1 ккеч1о буцурлъун ч1ун баракат валиязул. Баракат бахъаразе хъатал цере ккун гьари, Гьардарас кьурул сиртлъун кьалалда цебе ккуна.
Кьалул ярахъалдасан ярагьунеб бахъана, Балъгоял валиязул Бичасде бараб ах1и. Бичас гьабуна гъаза зиярат чаг1и ц1унун, Г1урус боял риччан тун тала гьаруна наждал.
Нилъер г1акълу камилал г!азабалъе ратана, Г1елму щвалде щвараца щибунги гудрал гъуна. Нахъ рател бугелаца бац1ил къорал рит1ана, Рекъон цадахъ миллатаз зазиде эл тункана.
Теч1ез жолъунго цин аз рагъазда ч1ч1ел босана, Сан гьарич1ого тараз занал эзул рорхана. Рик1к1унеб гьобол рукъалъ рортизе гвенд бухъана, Ричун росарал хехго хандакъазулъ щапана.
Халикъасе бокьидал кьал ах1ана мадгьалаз, Кьуна рух1 росу ц1унун ц1аг!адал г1олохъабаз. Хвалдасан нахъе къач1о хасго омоналъулал, Лъедана кьалул ц1адулъ нилъерго милиция.
Маликасе бокьидал роркьун ана хараби, Хиянатчаг1азе чед чурпа загьругин кьуна. Кьог1ал гьалбал гьанисез басра гьарун рит1ана, Т!ад руссуда камана окопазухъ мах1цана.
Мугьайминул амруялъ улкаялъ кьал ах1ана, Эменгин вас вац цоцалъ цого рокъор къеркьана. Наждаздехун вуссарав сонтраца къват1ив гъуна, Т1ахьал эзул мажгитал жундузе рикь-рикьана.
Кьалул харжазе г1оло халкъалъ боц1и бичана, Бугес машин-къай бичун чвархъизе жо босана. Нусал т1илал росунги сангаралъе рортана, Теч1о х1ет1е бахъизе х1асратаб ват1аналда.
Дин хисизе рач1арал дубинкабаз къот1ана,
Т!агьа рехизе щварал щалай х1орилъе ккана. Шамилил наслуялъе Саламас икъвал кьуна, Илагьияб рахъ ккурал Аллаагьас рехун теч1о.
Халикъас вахчунги ч1ун хвалчаца х1албихьана, Х1алае цеве ч1ана х1акъикъат агьлуялъе. Ибрагьим ц1адавг!адин ц1унана муридзаби, Ц1адул балагь биччана вагьабиязде т!аде.
Т1атизабуна Бичас бажари къудрат Жиндир, Къасаваталъул агьлу къот1ана бачал г!адин. Г1орхъал тун къват1ир гъуна гъогъол ц1адни гьеб щиб жо, Абрагьатил к1очараб чармил ц1адул ц1ад бана.
Чачаназул рохьазда г1анк1ал г!адин гъурана, Гъедх1инч1ч1алъе ризкъилъун рохьазда щапщапана. Муршидал муридзаби зуризе къасд гьабурал, Зулму жидеде буссун сог1аб бец1лъукье ккана.
Кьвагьараб суфиязда буссун жидедаго щун, Щущазабуна руккел ккалараб агьлуялъул. Улка кверде босилин кутакалда рахъарал, Рукъзаби росуги тун асирлъиялде ккана.
Кавказ асир гьабилин умудкъасдалъ рахъарал, окопазулъ рукъана къаданир г1еркъалги ч1ун. Къасаваталъул рак1ал риана ц1еца махлъун, Рехулел бомбабаца бащадаб рух1го ана.
Ругелъур сородана сог1ал наждал гьал къояз, Къасисел ракетабаз цоцоязул мац1 ккуна. Ц1об гьеч1ел г1урусаца г!ачиг!адин къот1улелъ, Къвак1и-фахру биана нах х1е ц1ет1а кинниги.
Ц1ияб мазгьаб к1очана чалма мегеж хъущт1ана, Бет!ер бахчизе карт1ал т1алаб гьаризе ккана. Къват1исан доллараца дандбана хабал г!азаб, Халкъалъул рогьобгъвелалъ гъаримаб г1акълу ана.
Г1умру г!адада хвараб хиянатаб гьаб ц1аралъ, Лъураб ч1ег1ердангъваялъ лъуг1изабуна къадру. Къвариг1елго бук1инч1еб балагь т1алаб гьабураз, Гьанже килщал х1анч1улелъ квералги к1к1ун рахъана.
Рахъулел руго берал рикич1ел доллараца, Ракьулъ рукъизе щвеч1о рукъ-агьлу ращдазулги. Муршидзаби хъанчалин фахруялда кьвагьдарал, Кьурул нохъазда руго ракъа-къечон къо бух1ун.
Хъанчил агьлуян хасго муридзаби рик1к1арал, Рохьилъ хъархъилъ г1анк1аллъун нац1илъ ц1адазукь руго. Рах1манасе г1агарал г!адхоч1алъе гьарурал, Г!азаб капурчиясул черхалда рещт1ун руго.
Рах1манасул х1икматал тамаша щварал къоял, Къудратасул х1алк1олъи х1алай вати х1акъазе. Х1абибасда тенкарал тамаша басра гьари, Ислам балъаргъулезда зулмуялъул щвараб г1ор.
Муг1руллъун халгьарулел Халикъас ц1унарал куц, Кибего гьединазул баракат г1унт1улеб куц. Т1олабго улкаялъе камилазул баракат, Бечед разияб къукъа Къудратас хьихьараб куц.
Капуралги х1алае х1ажаталъур лъик1азе, Х1алк1олес т!амурал куц Т!адг1анасе щибаб рецц. Г1ищкъуяб салат-салам Расуласде даимаб, Азар соналъ цевесев цеве жакъадги ч1арав.
Ч1аго цеве вуго Мун, мун ккуразул рахъги ккун, Хъач1лъана мун таразе, тамих1алде ах1ана. Аллаагьасул изнуялъ нижер гъазаваталда, Тущбаби щущахъ разе щвана щак гьеч1ого Мун.
Ч1умазул агьлу ц1унун Аллаагьасул кумекалъ, Квер бакъана якъинго къо ккараб лах1заталда
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев