Гьевги гьесул ирсги халкъалда, хасго г1олохъанаб г1елалда, к1очон толеб буго. Гьединлъидал гьев шаг1ир рак1алде щвезавизе мурадалда, гьаниб гьесул к1иго шиг1ру кьезе нигат ккана.
ИнкIкIвалитIаса Шайихулислам (1873–1940)
САРДАЛ КЪВАРИД РУГИН
Сардал къварид ругин, къоял гIадад ун,
ГIумру ине гьабе дие гьалмагълъун.
Гьалщинал харбазул халго гьабуге,
Гьавайин биччанте бакъул дуниял.
Дуе рокьуларел кьерилазулгун
КьогIалщинал харбал халалъун кканин.
Халкъалъе загьирал дир запискаби
КIочон толаредухъ, табтаралда хъвай.
— Дир магIил гIоралги гIодоре тIунин,
ГIедегIун кин щвечIев дир азбаралде.
Кибего рагIараб дир гIодигIаги
ГIинда басандичIищ бусада сверун?
Сибир къотIун бугин рокъосан дие
КъулгIадухъегIаги гIагарлъе диде.
ГIагарал-божарал инсухъе ритIун,
ТIурай дурго къасдал къватIахъ рицунел.
РОГЬАЛИЛ ХIИНЧI
ХIасрат бергьани щиб рогьалил хIанчIихъ,
ХIули чилаялъул, черх маргъалалъул.
Чара тIагIани щиб гIамиркоялъухъ,
Куркьбал варакъулаб, бакъан берцинаб.
Бицине хIинкъарай хIурулгIиналъул
ХIанчIазде бицуна бугеб хIакъикъат.
Боржун унебщинаб итаркIоялде
Ургъел чучун уна чанги дир заман.
Зодил кавкабалде квер битIарасе,
Кинаб къимат кьолеб Къуръан-ХIадисалъ?
ХIинчI-гъеду щолареб щобде вахани,
Щиб гIайибдай чIвала дида гIадамаз?
ГIазу тIад букIаго, тIегь бижилаан,
ТIулалъ накъищ лълъунеб къотIи гьабуни.
Къаси-къад гIадинан, бакъ баккилаан,
Варакъул квералъ хъван кагъат рехани.
Харидаса тIокIаб тIогьол гIадаб куц,
ТIабгIалъ мун йосанин, хисуге рагIуй.
МагIарда гьавагIан гьуинаб гIамал,
ГIумру духъ бичанин, баче диргун квер.
Квер хъвани, сси холеб сагIат гIадай мун,
ГIадахъ восе абе эбелалдехун.
Бихьарав панаяб нур гIадинаб черх,
Чидай кьоге абе кьибилалдехун.
Мунан чапун унеб черх бугониги,
Чидае бицунеб цоги букIуна.
Багьа цIикIкIараян цIар лъедал гурищ
ЦIерлъун ракI биине багьана щвараб?
Бихьарав шаклъулеб шавкъалъул унтуй
Щиб гIакълудай кьела ГIунайзатица.
ГIадан божулареб женазул хIалалъ,
Жаниб ракI турани, теладай рехун.
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев