Ибну Маджагьидасан бицараб хlадисалда буго: «Мажгиталда жаниса щиб бугониги зарал гьабулеб жо нахъе босарав чиясе Аллагьас Алжаналъуб рукъ бала», — ян.
Масжидуль Хlарамалда какги бан нахъе унаго цояс мажгит бакlарулесухъе, гlадатлъун лъугьухъе, садакъа бегьула. Гьеб бихьидал чвантиниса киса бахъула жанир банкалъул карточкабиги ругеб, ва гьимулаго жив гlарцуде xlажатав чи гурилан бичlчlизабула, баркала кьола.
— Щивгlаги мун ? — илан гьикъула гьесда.
Дун Индиялдаса вуго, ватlаналда дир чанго отель буго. Гьоркьо-гьоркьоб бащдаб лъагlалие хlалтlул визаги босун дун гьаниве вачlуна гlицlго Тlадегlанав Аллагьасул разилъи щвеялъе гlоло Гьесул рукъ бакlаризе.
Гьес бицаралда божичlого, дос мажгиталъул хъулухъчагlаздаги цlехола гьев щивилан. Гьезги тасдикъ гьабула, гьев чи Аллагьасул рукъалъе хъулухъ гьабизе бащдаб-бащдаб лъагlелалъ Индиялдаса вачlунев мультимиллиардер вугилан.
⠀
Нуж гlахьаллъанищ мажгиталъуб рацlцlа-ракъалъи гьабиялъулъ цо нухалъагlаги ?
⠀
НУР-УЛ ИСЛАМ
⠀
➡️ https://t.me/avar_islam
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев