⠀
«АлхIам...», цIалун бахъиндал, хадуб, ай «АлхIам... алда», хурхине гьабичIого, «Амин», абизеги суннатаб буго. Аваргас ﷺ абун буго: «Дида Жабраил малаикас лъайзе гьабуна, ай манлъана, «АлхIам...», дица цIалун бахъиндал «Амин», абеян, хадубги абуна, гьеб «Амин», аби ккола хъвараб кагъаталда печать чIвай гIадаб жо», – абун. ГIали асхIабасги (р.гl.) абун буго: «“Амин” ккола Аллагьасул мугьругIадаб жо, Жиндир лагъасул дугIаялда чIвалеб», – абун. ХIадис буго Расуласул ﷺ: «Жинца дугIа гьабулевги, “Амин” абулевги, – кIиявго дугIаялъулъ гIахьалчагIи ккола», – абун. Ай, «Амин», абиги дугIа ккола. Гьелъул магIна къабул гьабеян абураб кколелъул.
ТIадегIанав Аллагьас Муса аварагасде (гl.с.) абун буго: «Дица МухIаммадил умматалъе кьун буго ункъго хIарф, тIоцобисеб хIарф Тавраталдасан босун, кIиабилеб – Инжилалдасан босун, лъабабилеб хIарф – Забуралдаса босун, ункъабилеб хIарф – Къуръаналдасан», – абун. «Гьел хIарфал щал?» – абун Мусаца гьикъидал, Аллагьас абун буго: «“Амин” буго, – абун. – Гьеб ункъабго хIарф абурав чи – ункъабго тIехь цIаларав чиясда релълъона, ай цIаларавгIадин вукIуна», – янги абун буго.
Цойги Аварагас ﷺ абун буго: «“Амин” ункъго хIарф буго, гьеб абурав чи Аллагьас балагьазул ункъго навгIалдаса (тайпаялдаса) цIунула.
тIоцобисеб – иман тIаса иналдаса
кIиабилеб – гIарасат майданалда къиямасеб къоялъ букIунеб хIинкъиялдаса
лъабабилеб – сиратI бахиналъул захIмалъиялдаса;
ункъабилеб – абадалъго жужахIалда хутIиялдаса».
[Ва къила] цойги буго бицун: «“Аминалъул” «Алиф», ГIаршалъул рукнуялда хъван буго, “Мим” Курсалъул рукнуялда хъван буго, “Я” ЛавхIул-махIфузалда хъван буго, “Нун” къаламалда хъван буго, – абун. – ДугIа гьабулев чияс “Амин” абураб мехалъ ГIарш, Курс, ЛавхI, Къалам
рагъарула ва “Амин” абурав чиясул мунагьал чури Аллагьасде гьарула. Гьаб ункъабго нугIлъиялъеги чIезарун, Аллагьас гьев чиясул мунагьалги чурула», – янги абун буго. Цойги риваяталда гьадинги буго: «Жабраил, Микаил, Исрафил, ГIизраил, – гьав ункъавго малаикасул надалда хъван буго гьадаб ункъабго хIарф, муъминав лагъас “Амин” абидал, ункъавго гьел чIахIиял малаикзабаз Аллагьасе сужда гьабула ва абула, ай гьарула Аллагьасде, “Амин” абурав гьав чиясул мунагьал чуреян. Аллагьас: “Дица гьав чиясул мунагьал чурана”, – ян абичIого суждаялдаса тIадеги рорхуларо».
_____________________________
Къуръаналъул ахlуде гlавамал кантlизари - абураб Сагlид Афандиясул (къ.с.) тlехьалдасан.
➡️ https://t.me/avar_islam
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев