Цо пуланав ГIалисултIанил бицунеб буго гьаниб, капуралгун вагъулаго Таргъуялда аскIов чIварав.
Гьав щивдай вукIарав?
Жеги 2 гьумер буго, гьаб гурони лъечIо гьаниб.
«Капурал гъуризе жив цIакъав гъалбацI, ГIалисултIан щварав гъаб Таргъуялде.
ГIакълуги камилав, иман тIубарав.
Камилал пишаби черхалъ гьарурав.
Капурал гъуриялъ гъуждул свкарав.
ШаргIалъулги хIуби цIакъав багьадур.
ХIусенги виларав гъове Азайнув.
ШаргI гьабуларесе - ГIалил зулпукъар!
Диналъул ракьалъе бахъараб хвалчен.
ТIагъутил боялде балеб къараб зар.
ТIекъаб бицунесе - хIакъаб аздагьо.
ХIинкъигу лъаларев чарамалъул гъецI.
Тарбасалда тарав МуртазагIали.
ЛъикIаб гьариялъе чIалгIенгу гьечIев.
Аллагьасул нухтIа черх жинца кьурав.
ШаргIалъул умурал чорхолъ рессарав...»
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Комментарии 4