Зазльараб дунял буго *Квер базе бегьулеб бак1 цох1о Муфтият буго* ❤️
Дун дие дицайилан
Щивасул мурад буго
АЛЛАГЬ разильи гуреб
Дуе къвариг1ун гьеч1о
Рехъен к1удияб буго
Гьезул Вехь цох1о вуго
Жанил к1анц1улел бац1ал
Жеги камулел гьеч1о
Рикьалаби г1емерлъун
Г1алам бикь бикьун буго
Бахьи кьурал руссунеб
Муфтият цох1о буго
Щивас балагьулеб жо
Бечелъигун ц1ар буго
Киналго цолъи мурад
Цох1о Муфтий духъ буго
Дуца амру гьабураб
Т1убазе к1веч1ониги
Мун вокьизе льарай дир
Щукру г1емераб буго
*Т1арикъатин абулеб бит1араб нух цо буго, гьелда жанив лъугьарав талих1авлъун ккун вуго*
Цох1о Дагьистан гуро
Кинабго Россиялда
Бер балагьи дур щвеч1еб
Цох1о бак1 хут1ун гьеч1о
*Дуда хадур рилъунел мунгун цадахъ х1алт1улел мунгун цадахъ рахъайги г1арасат майданалда*
Дуде г1айиб г1унт1улел
Динальул ургьел гьеч1ел
Гьезий х1укму къот1изе
Бичасда т1амун тела
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Комментарии 1