Гьоболлъухъ
Цо нухалда ГъалбацI-хIажи КIуяда гьоболлъухъ вукIанила. ХIажи вегараб рукъ букIанила гIатIидаб, цо рахъалда мокъида бакъвараб гьанал хьалбалги рукIанила, цоги рахъалда гъанситоги букIанила.
ХIажи как балев вукIаго, гьеб рокъовеги вачIун рукъалъул хважаинас, гьоболги вачIун вугелъул батила, гъасда цIаги бакун, цIетIа лъураб пахьул хьагинибе, хьолбодаса къотIун цо кIудияб кесек ккезабунила. ХIажил как бан лъугIун букIинчIила, ячIун чIужуялъги, цIетIего ялагьичIого хьагинибе дагьабги кIудияб гьанал къотIел реханила. ВахI! – илан пикру гьабунила балеб как гьезул пикрабазда арав ХIажица: гьазул жиде-жидее гIурабгIан гьан цIетIе рехулеб гIадат бугеб къагIида. Дун батIаго вакъунищ чIезе кколев?
Как лъугIарабго кваназе бокьулев ХIажица гьел кIиязго рехаралдаса къечIеб гьан хьолбодасаги къотIун хьагинибе реханила. Гьеб мехалда хважаинзаби гьоболасул хIамие хъулухъалда рукIанила.
ХинкIалги гьарун, гьан белъун бугищали хьагиние яккарай чIужуялда цIетIа гьан цIакъго гIемерлъун батанила. Цин пикру гьабунила баракатав хIажичи гьоболлъухъ вугелъулдай гьан гIемерлъун боргьун бачIарабан. Хадуб хьагиниса бахъараб гьанаца тIубан хIерч цIун бихьараб мехалъ росги лъадиги гIажаиблъи гьабун цоцахъ ралагьанила.
«Нужеца щибго гIажаиблъи гьабуге, – ян гьоркьове жуванила ХIажи, - цин рос вачIун рехана, хадуб чIужу ячIун рехана, азул жинди-жиндие гьан цIетIе рехулеб гIадат батилилан, дицаги реханаха диего гIелебгIан кесек».
Хаселалъе гIезе хьул букIараб гьан кигIанго дагьлъун бихьаниги, хважаинас хIал лъазе течIо. «Батила ХIажи гьалъулъ цо маслихIатги баракатги», - янги абун, хабар къокъ гьабуна, амма кванай халатбахъана.
Шамил МУХIИДИНОВ, «БекьечIдерил гIакъилаб каламги кепаб хабарги» абураб тIехьалдаса
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев